Украина сабаблъун Москваялда ва Магърибалда гьоркьоб бугеб кризисалда бан Россия толеб бугеб капиталалъул къадар лъиданиги лъаларо. Амма гьеб дагьаб гьечIолъи ва гьеб киналъго улкаялда экономикияб цебетIей нахъе ккезабизе рес букIин бичIчIулеб буго гьал хадур рехсарал тарихазде балагьун.
Исана соналъул тIоцебесеб кварталалда Россиялдаса къватIибе ун буго батIи-батIиял баяназде балагьун 50ялдаса 70 ялде щвезегIан млдр. доллар.
Гьелдаса хадубги гьеб процесс чIун букIинчIо. Капитал къватIибе унеб бугеб хехлъи бихьун экспертаз ракIалде щвезабулеб буго Россиялда 2008 соналъул рецессиялда бан букIанаб кризис.
Гьеб хурхараб букIана чIегIернартил багьа гъодобе ккеялде ва финансазул глобалияб кризисалда бан къватIисан Россия финансаздалъун хьезабулеб букIинчIолъиялда.
2008 соналъул бакьулъа 2009 соналъул бакьулъе щвелалде Россия тун букIана 200 гIан млдр. долларалъ.
Цере тIолел экономикаязул рахъалъ Лондонада бугеб Standard Bank-алъул эксперт Тим Эшица рикIкIунеб буго Магърибалда ва Машрикъалда гьоркьоб кризис дагьабги гъварилъани «2008 сон такрар гьабиялъул хIинкъи бугин»
Тим Эш: «Гьанжесеб заман гIемерго лъикIаб гьечIо. Экономикаги лъикI бугин абиларо дица, гьеб цIакъ хIенцго гурони цебе тIолеб гьечIо. Капитал улкаялдаса ани процентал цIикIкIуна. Гьединлъидал, масала, мун россиялъул компания батани ва дуе инвестициязе гIарац къваригIун батани, гьеб налъи дуе хираго чIезе буго. Гьелъул магIна ккола инвестициял дагьлъизе ругин абураб, гьелдасан абуни рачIуна экономикаялъул цебетIей нахъе ккеялде».
ТIолгодунялалъул Банкалъул баяназда рекъон, 2014 соналда Россиялдаса унеб капитаталъул къадар 150 млрд. долларалда бащалъизе рес буго ва гьелъул кIудиял хIасилалги рукIине буго.
ТохалчагIазул пикруялда россиялъул капиталистал божулел гьечIо Россиялъул экономикияб системаялда гьезул буголъи цIунизе кIезе бугин абуралда.
Transparency International абулеб цIех-рехалъул централъул Россиялъул бутIаялъул директор Антон Поминовас абулеб буго кризис гьечIел гIадатиял соназцин Россиялдаса 50ялдаса 60ялде щвезегIан млрд. доллар унин къватIисел улкабазде цIунизейин абун. Гьебги кидаго къанунияб гIарац букIунарин.
Антон Поминов: «Гьелъие аслияб гIилла буго метерисеб къоялда божилъи гьечIолъи. Дуца инвестициял гьарулел ругони, дурго бизнесалда хадуб хал кквезе захIматаб букIуна, гьединлъидал лъазе ккола тIолабго системаялъул хIал кинаб бугебали ва лъагIалидасан, щуго соналдасан яги 10 соналдасан гьеб кинаб букIине бугебали. Амма метер кинабго хисизе рес бугеб системаялда щиб букIаниги гьабизе ресал дагьлъулел руго».
Метерисеб къоялъ букIине бугеб лъангутIи къанунал хIалтIунгутIиялда ва метер вачIун дагьавги къуватас дур бугебщинаб бахъун иналдацин гурин бараб бугеб бугеб, гьеб бараб бугин кризис ккани Россиялъул хIукуматалъ щиб гьабизе бугебали лъангутIиялдайин рикIкIунеб буго Поминовас.
Украиналъул жанисел ишазде гьоркьоре лъугьин чIезабейин Магърибалъ гьабураб цебелъей Москваялъ къабул гьабичIолъиялъ ва Крымалъе аннексия гьабиялъ рачана Россиялде данде санкциял гьариялде. Гьел аслияб куцалда руго Украиналъул сепаратистазул лидеразда ва Россиялъул президент Владимир Путинил гIагардисеб сверухълъиялда хурхарал.
Гьелъул хIасилалда Россиялъул кредитазул рейтинг гIодобе ккун ва инвестораз жидерго капитал Россиялдаса нахъе бачунеб буго.
Россиялъулги къватIисел улкабазулги финансаз Россия толеб букIиналъ Москваялдехун инвесторазул божилъи хвезабулеб буго ва гьеб цIидасан бижизабизе бигьаяб букIине гьечIо.
Россиялъул экономикаялъул министр Алексей Улюкаевас абун букIана 27 марталда улкаялдаса нахъе унеб капиталалъул къадар 150 млрд. долларалде бахани, экономикияб цебетIей исана цо проценталде яги нолалде рещтIине рес бугин.
Украиналда хурхун кризис ккезегIангоги Россиялда исана экономика букIана 2009 соналдаса нахъе бищунго хIенцго цебетIолеб.
Чарльз Рекнагел
Ума Исхlакъова