ГIемер халкъ гIахьаллъулел жамгIиял тадбирал Крымалда гьукъи кинниги хурхараб гьечIин бащдабчIинкIиялъул тIадтараз лъазабухъе «курорталъул сезон хвезабиялъе» бугеб хIинкъиялда, гьеб хурхараб бугин 70 соналъ цебе Сталиница гьабураб депортациялъул къурбаназул рухIалдаса Крымалъул татаразда тIобитIизе ракIалда бугеб митинг ракIалъе гIунгутIиялдайин, абун жидер ракIчIун букIин загьир гьабуна Россиялъул инсанасул ихтиярал цIунулез.
«Мемориал» жамгIияталъул вакил Арсений Рогинскияс «Эхо Москвы» радиоялъе интервью кьолаго, лъазабуна, инснасул ихтиярал цIунулез тIалаб гьабулеб бугин Крымалъул татаразул ихтиярал тIуразари, 18 маялда Симферополалда тIобитIизе кколеб чIегIер баялъул митинг гьукъунгутIи.
Гьез гьединго тIалаб гьабулеб буго Крымалъул татаразул халкъалъул лидеразул цояв МутIапа Джемилевасе Крымалде къараб нух рагьиги.