НАТОялъул генералияв секретарь Андерс Фог Расмуссеница рикIкIунеб буго гьанже Россиялъул рахъалдаса хIинкъигьечIолъиялъул гарантиязда лъиданиги божизе кIоларин.
Гьедин гьес лъазабуна Бухаресталда тIобитIараб пресс-конференциялда. Гьев гьениве щун вуго Румыния Шималияб Атлантикаялъул блокалде гъорлъе лъугьун I0 сон тIубаялда бан.
«Россиялъ къотIи-къаялъул гIахьалаб рахъ хIисабалда тIаде босун букIана Украиналъул суверенитет цIунизе. Россиялъ Крымалъул аннексия гьабун хадуб, Москваялъул гарантиязда божизе бакI хутIулеб гьечIо.» - ян лъазабуна Расмуссеница.