Гъамсукь росдада гIагарлъулъ полициялъулазде кьвагьдон руго рохьосан. Щалали лъалеб гьечIо. ЧIохъа ва Сугъралъа гIадамаз ЭР-ялъе бицухъе, гьеб кьвагьа-гIанхъи рогьалилъго байбихьун буго.
15 маялъул бакъанидехун щварал баяназда рекъон, рохьосан кьвагьдарал чагIаз сверун ккун руго полициялъулал. Амма хIакъикъат тIубан лъалеб гьечIо. Гьелъул хIакъалъулъ баян кьолеб гьечIо низам цIунулезги, масала, жанисел ишазул министерлъиялъул яги терроралда данде чIараб миллияб комитеталъул сайтазда.
Гьединго Гъуниб мухъалъул полициялъул хIалтIухъабазги инкар гьабуна ЭР-ялъе гьеб хIужаялда бан щибниги бицине. Гъалмагъзабиги чIван жал сундениги регIун гьечIин жаваб кьуна гьез. Гьедин 15 маялда Гьонода ва ЧIохъ вукъана Гъамсукь росдада аскIов чIварав лъабго полициялъулав. ЗахIматго вугин абуна жеги кIигоявги.
Гьеб бакIалдаса рачун лъукъарал ва чIварал полициялъулал Гъуниб азарханаялде хъамун руго. ТIубараб къоялъ гьенир кумекалъе эхетун руго сверухъ росабалъа гIадамал. Гьел хIадур руго би кьезе, ялъуни цоги къваригIара-тараб гьабизе.
Гьезул цояв ккола гьениб кколеб-толелъул ЭР-ялъе бицине разилъарав Сугъралъа Шамиль.
Шамиль: «Лъабго вас чIван вачIун вуго гьаниве. АнцIила хадур чагIи лъукъунги руго. Гьезда гьоркьоса кIиго вас кутакалда захIматго вугиланги абуна. Ругънал руго ботIрода, гьуърузда, хIатIазда, хьабалухъгIучIазда, мугъзада».
Шамилица гьединго бицана лъукъаразе би къваригIун бугин. Амма лъукъаразул бидул группа лъангутIиялъ бугила квалквал гьабулеб. Гьелъие рес гьечIила азарханаялъулги.
Шамиль: «Гьанже рачIанаха анире МахIачхъалаялдаса чагIи. Сверухъ росабалъа халкъги бакIарун буго анибе – руччаби, бихьинал».
Гьеб кьвагьа-гIанхъи ккараб Гъамсукь росу буго цебего чIунтараб, цо гурони чи жанив гьечIеб. Жибго гьеб мухъалда гIемер кколел руго кьвагьа-гIанхъиялги. Масала, 9 маялдехун Сугъралъ кьвагьизабун букIана КIудяиб ВатIанияб Рагъул гIахьалчагIазе лъураб монумент.