14 июналда Президентасул рищиязул кIиабилеб тур тIобитIизе букIин тасдикъ гьабуна Афгъанистаналъул Лъиданиги бачIеб рищиязул комиссиялъ.
Гьебго комиссияллъул лъазабиялда рекъон, кIиабилеб туралде ворчIун вуго Афгъанистаналъул къватIисел ишазул министрлъун вукIарав ГIабдулла ГIабдулла ва ТIолабго дунялалъул банкалъул экономистлъун вукIарав Ашраф Гъани.
Ахирисел хIасилаз бихьизабуна тIоцебесеб туралда ГIабдуллае гьаркьазул 45 процент щун букIин.
Гъанил рахъ ккун буго рищарухъабазул 3I-ялдаса цIикIкIун проценталъ. Афгъанистаналъул президентасул рищиязул тIоцебесеб тур тIобитIун букIана 5 апрелалда.