Ссылки для упрощенного доступа

Cанкциязул сияхIалде россиялъулазул 15 цIар жубана Евроцолъиялъ


Брюсселалъ рикIкIунхъе, Украиналъул машрикъалъул рахъалда ахIвал-хIалалъул эскалациялъе квербакъулел Россиялъул нухмалъиялъул вакильзабазде данде санкциязул сияхI халалъизабуна Евроцолъиялъ.

Гьелде журан руго 13 чиясул ва Россиялде гъорлъе бачараб Крымалда регистрация гьабураб кIиго компаниялъул цIарал.

Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго дипломатаз. МухIканлъиял гьанжеги кьолел гьечIо.

Цебе Евроцолъиялъ санкцияби хIалтIизаризе байбихьун букIана Россиялъулги Украиналъулги 48 гражданасде данде. Гьезие нух къан буго Евроцолъиялъул улкабазде, гьезул финасазул активазул хьвади чIезабун буго.
XS
SM
MD
LG