Аламаниялъ ва Франциялъ халат бахъинабулеб буго Россиялъул президент
Владимира Путиниде гьабулеб тIадецуй. Гьез гьев ахIулев вуго Украиналда бугеб кризис рагIалде бахъинабизе хIаракат бахъизе. Гьебги 25 маялда гьеб улкаялда президентасул рищиял тIоритIизелъун.
Алманиялъул канцлер Ангела Меркелица абуна Украиналъул машрикъалда хIалуцин дагьлъизе ккани Путиница жиндирго позиция бичIчIиледухъ ва рагьун лъазабизе кколин. Гурони ян лъазабуна Меркелица магърибалъул улкабазул лидерал хIадурал рукIине ругин «санкциял кьваризаризейин». Меркелица гьединго абуна 11 маялда Украиналъул кIиго икълималда сепаратистаз гьаризе рицунел, гьелъ абухъе, «референдумалин» абулел жалги къанунияллъун кколарин.
Франциялъул президент Франсуа Олландица абуна гьел лъазабиязул юриликияб къуват букIине гьечIин, амма магърибалъул лидеразул Путинилгун ругел гьоркьорлъабаз рес кьолин Кремлалда Укриналда гьал анкьазда кколъул бугеб кIудияб кIвар бичIчIинабизейин.
Олланд ва Меркель дандчIван рукIана Алманиялъул Штральзунд абулеб бакIалда.