Ссылки для упрощенного доступа

Генерал ас-Сисица кьуна тIоцебесеб телеинтервью


ГIабдул ФаттахI ас-Сиси, Каир, 24JИюл2013
ГIабдул ФаттахI ас-Сиси, Каир, 24JИюл2013
Мисралъул армиялъул бетIерлъун ва улкацIуниялъул министрлъун вукIарав генерал ГIабдул ФаттахI ас-Сисица кьуна президентасул хъулухъалде кандидатлъун гьев вахъаралдаса тIоцебесеб телеинтервью.
Информалатаз кьолел руго Мисралда «Вацал-бусурбаби» багъа-башариялъул иш лъугIун бугин ва гьев улкаялъул бетIерлъун вищани, улкаялда гьеб багъа-башариялда тIокIаб бетIер борхизе кIвезе гьечIин абурал генераласул рагIаби.
ГIабдул ФаттахI ас-Сиси рикIкIунев вуго Мисралда рукIине ругел президентасул рищиязда бергьине бищунго цIикIкIун рес бугев кандидатлъун. Рищиязул тIоцебесеб раунд букIине буго маялъул ахиралда. РакIалде кколеб буго хIинкъигьечIолъи цIуниялъул мурадалда ас-Сисица къватIахъ рищиязда цересел митингал ракIаризе гьечIин ва гIицIго чанго интервью кьун тезе бугин.
Мисралда тIоцеве демократияб куцалда вищун вукIарав президент МухIамад Мурси хъулухъалдаса рехун ва жанив тIамуралдаса нахъе «Вацал-бусурбаби» Мисралда лъазабун букIана террористияб багъа-башарилъун ва гьелъул лидерал жанир тIамун рукIана. Мурсил рахъ кколезул 1500-ялдаса цIикIкIун чи хун вукIана къватIазул рагъазда.
XS
SM
MD
LG