Гъуниб мухъалъул росабазул мугIалимзабазе исана январь моцIалдаса нахъе щун гьечIо гьезул аслияб харжалда тIаде кьезе кколеб, стимулирующая абулеб гIарац. Гьеб рагIула чанго соналъ цебе президент Путинил бихьизабиялда рекъон, лъикIго хIалтIарал мугIалимзабазе, харжалде тIадеги кьезе кколеб гIарац.
Гьелъул рагIуларо цо чIезабураб къадар, гьеб бараб букIине бегьула мугIалимасе моцIалъе щолеб гьоркьохъеб харжалда бараб.
Мисалалъе Гъуниб росдал гьоркьохъеб школалъул мугIалим, ХIайбулаева Рашидатие стимулирующая абулеб гIарацгун цадахъ моцIалъе щолеб букIун буго 16 азаралда хадуб гъурущ, гьанже гьеб къотIизабуралдаса нахъе гьелъие щолеб буго 12 азаралда хадуб гъурущ харжалъул.
Гьеб щай кьоларебилан лъазе тIалаб гьабидал, мухъалъул лъай кьеялъул идараялдасан гьелда абун буго республикаялъул бюджет дагь гьабидал кьолеб гьечIин гьеб гIарацилан.
Кьезе бугин тIасияб моцIалъилан тIасарихьизарулел ругин гьез, амма гьезул хадусеб моцI тIаде щоларелдаса гьале ункъабго моцI бугилан бицана Рашидатица.
ХIайбулаева Рашидат: «Кьезе бугилан абулеб бугоха гьез, амма эб щварал чагIи жеги нижер ккечIоха, цо чиясе щун буго эб 10 000 гъурущ, анцIила анлъазарго гъурущ щвезе кколеб бакIалда, амма чан моцIалъухъ ва кигIанасеб къадар гьебалиги бичIчIизабун гьечIо.
КIиго-лъабго сон буго нижее гьеб кьезе байбихьараладса цебе букIараб жо гьеб гуро, Путинил бихьизабиялда рекъон кьолеб гIарац буго гьеб лъикIго хIалтIарал мугIалимзабазе.
БалатIаго гьеб бихьизабун букIун буго харжалде гьоркьобеги малъун кьезейилан, гьедин кьолеб букIарабани хабарги букIинаронаха».
Гьединабго ахIвал-хIал рагIула Гъуниб мухъалъул цогидал школаздаги. Республикаялъул бюджет дагь гьаби бугин гьеб гIарац къотIизабиялъе гIиллаян абун буго мухъалъул лъай кьеялъул идараялда, Гьонода росдал школалъул нухмалъулев МухIамадов СагIадодаги.
МугIалимзабаз гьелъие киналъего гIайибиявлъун вихьизавулев вуго Дагъистаналъул нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазан.
Республикаялъе тIокIал дотациял хIажат гьечIилан гьес инкар гьабун бугин Дагъистаналъе биччалеб букIараб гIарцудаса, жалин абуни щолебги букIараб гIарацги щвечIого хутIанилан гIарз буго лъай кьеялъул хIалтIухъабазул.
Ашаханов Жалалудин: «Стимулирующий гIарцол нижее щолаан цо балалда рекъон нусго гъурущ, гьанже 50 гурони щвезе гьечIилан абулеб буго. Гьебги жеги щвечIо, гьале сон байбихьаралдаса ункъабго моцI ана, гьанже щвезе бугилан хабарги буго, амма гIарац кодобе щвечIого божиларо.
Э.Р «Гьеб гIарац камун хадуб лъалеб батIалъи бугищ харжалъул?»
Ашаханов Жалалудин: «БатIалъи букIинарищха, бащадабгIан къадаралъ дагьлъидал моцIрол харж».
Э.Р «Гьоркьохъеб харж кигIан бугеб жакъа мугIалимасул?».
Ашаханов Жалалудин «БатIи-батIияб буго 10 000 щолелги руго, 20 000 щолелги руго».
Гьадин бицана «Эркенлъиялъе» Гьонода росдал мугIалимзабазул махщалил цолъиялъул нухмалъулев Ашаханов Жалалудиница.
Дагъистаналъул цогидал мухъазул школазул мугIалимзабазе абуни щун буго гьеб гIарац. Нижехъе щварал баяназда рекъон Хунзахъ мухъалъул нухмалъулев Юсупов СагIидица къарзалъе гIарацги босун тIубазабун буго хундерил мугIалмизабазе кьезе кколеб гIарцул иш, гьединго Лаваша мухъалъул мугIалимзабазеги гьеб гIарац щун буго.
Гьеб суалалда тIасан нижеца бухьен гьабуна Дагъистаналъул тIолалго мугIалимзабазул махщалил цолъиялъул нухмалъулев Амиродинов МухIамадилгун.
Амиродинов МухIамад «Нижеца мугIрузул мухъазда ругел киналго школаздаса ракIарулел руго баянал, гьениб цохIо харжалде тIаде бачIунеб гIарцул гуребги, жибго харж кватIизабиялъул хIужабиги руго. Гьел киналго росун ГIабдулатIиповасухъе ине ракIалда буго нижеда.
Мисалалъе Дахадаев ва Казбек мухъалъул мугIалимзабазул буго харжал кьолел гьечIилан гIарз, гьединго гIарзал руго сапаралъ арабго цадахъ кьезе кколеб гIарац кьолеб гьечIолъиялда тIасанги , цоязе цIикIкIун цоязе камизабун гIаарц кьеялъул руго хIужаби, гьел киналго ракIаралулел ругоха ниж».
Гьел баянал жидехъе щвезе ругин маялъул анцIила лъабабилеб къоялдеян абуна Амиродиновас.
Гьединго мугIалимзабазул цоги гIарз буго гьезул харжалд тIаде кьлоеб букIараб азарго гъурущ къотIизабун бугиланги. Гьеб ккола пуланаб классалъе нухмалъи гьабулев мугIалимасе президентасул хасаб программаялда рекъон кьоеб букIраб гIарац.
Цебе гьеб кьолеб букIун буго федералияб бюджеталдаса, гьанже гьеб малъун буго регионалияб бюджеталде, амма регионалъул бюджет дагь гьабидал гьел гъурщаздасаги махIрумлъун руго лъай кьеялъул хIалтIухъаби.