Цолъарал Штатазул Пачалихъияв секретарь Джон Керрица 29 апрелалда Вашингтоналда цеве вахъун, абуна, Крымалъул аннексия гьабураб ва Украиналъул Машрикъалъул рахъалда ахIвал-хIал хIалуцинабулеб Россиялъ къасд гьабулеб бугин Машрикъалъул Европаялда хIинкъи гьечIолъиялъул ландшафт хисизабизе ва тIаде жубана: «НАТО-ялъул ишцоял улкабазда тIадаб бугин Кремлалде якъинго бихьизабизе НАТО-ялъул территория щулаго цIунулеб букIин ва Шималияб Атлантикияб Цолъиялъ гьеб жиндирго контролалда гъоркь бугеб ракьул щибаб бутIа нахъе кьезе гьечIо», ян абун.
Керрил хIисабалда цIорол рагъдаса нахъе Цолъарал Штатаз кIудияб хIаракат бахъана цIияб политикияб эра базе аммаила Россиялъул президент Владимир Путиница политикияб хIай батIайисеб низамалдалъун бачунеб бугин.