Ссылки для упрощенного доступа

В. Путиница квешаб къимат кьолеб буго Славянск шагьаралда ярагъ хIалтIизабиялъе


Россиялъул президент Владимир Путиница пачалихъазда гьоркьосел захIмалъаби раккизе бегьиялъул хIинкъиял кьолел руго Украиналда, гьес абухъего, «жаза гьабиялъул» операциялъул буюри кьуразе гIолойин.

Путиница абуна, Славянск шагьаралда аскIоб хваразул хIакъалъулъ информация хIакъаб батани, гьелъ бихьизабулеб бугин гьеб «унго-унгояб хунта» букIинин.

«Халкъалда хурхун унго-унгояб такъсир ккола гьеб… Гьеб буго жаза гьабиялъул операция, гьелъул асар букIине буго хадуб, гьебги щиб пачалихъазда гьоркьосеб даражаялдагицин.» - ян лъазабуна Путиница.
XS
SM
MD
LG