Ссылки для упрощенного доступа

Донецкалъе бокьун гьечlо Россиялде гъорлъе ине


Социологиялъул рахъалъ Киевалъул халкъаздагьоркьосеб институталъ Донецкалъул ракьалда гьабураб цIех-рехалъ бихьизабулеб буго гьеб регионалъул цIикIкIунисеб халкъалъе Россиялде гъорлъе ине бокьун гьечIолъи, ахираб заманаялда гьенир сепаратистиял ахIиял цIикIкIун рукIаниги. Жавабал кьуразул 52 проценталъ абун буго Россиялъул юрисдикциялде гъоркье ине бокьун гьечIин жидеейин. Бокьун бугин абун буго 28 проценталъ. Нужер ихтиярал хвезарулел ругищан абураб суалалъе 57 проценталъ жаваб кьун буго-гьечIин.
XS
SM
MD
LG