Ссылки для упрощенного доступа

Араб соналда Россиялда 461 лъимералъ жибго жинцаго чIван буго


Россиялда араб соналда 461 лъимералъ жибго жинцаго чIван буго. Гьелъул магIна ккола суицидалъул къурбанлъун щибаб къойил цо-кIиго лъимер кколеб букIанин абураб. Гьедин лъазабуна Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъул официалияв вакил Владимир Маркиница.
Лъимал жалго жидецаго чIваялъе аслияб гIиллалъун, цIикIкIунисеб нухалда, кколеб буго гьезие кколеб бугелъул ва гьезие ургъел бугелъе сверухъ ругел чIахIияз кIвар кьунгутIи.
Маркиница гьединго лъазабуна лъималазда гьоркьорги бищунго цIуничIеллъун ругин лъималазул рокъор гIолел лъималин. Гьединазул 200 чи лъазавун вукIун вуго араб соналда такъсираздасан зарал ккаравлъун. Гьел такъсиразулги 15 процент букIун буго жинсияб зулму гьабиялда хурхараб.
XS
SM
MD
LG