Венгриялъул премьер-министр Виктор Орбаница жиндирго бергьенлъи лъазабуна парламентиял рищиязул хIасилалда щвараб.
Жинца нухмалъи гьабулеб «Фидес» абулеб партиялъул рахъ ккураз Будапешталда гIуцIараб митингалда цеве вахъун, Орбаница абуна, гьеб бергеньлъиялъ нугIлъи гьабулеб бугин хIукуматалъул политика битIун ккеялъе.
Ахирисел сосоназ Евроцолъиялъ цо гуреб нухалъ Виктор Орбанил сиясат какулеб букIана. Гьелъ демократиялъул кьучIал загIиплъизарулел ругин абулаго. Амма гIемерал венграз Орбан рикIкIула миллиял интересал цIунулевлъун.