Ссылки для упрощенного доступа

Россиялда ультранационалистазул хIаракатчилъи жигарлъун буго марталда


Соналъул байбихьудаса ксенофобиялъул ва миллияб рокьукълъиялъул кьучIалда гьарурал такъсиразул къурбаналлъун Россиялда вахъун вуго анкьго чи. Гьединал такъсирчагIазул хьвада-чIвадиялдаса зарал ккун буго бищун дагь босун 29 чиясе.

Гьелъул хIакъалъулъ «Интерфакс» агентлъиялъе лъазабун буго «Сова» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб централъул хIалтIухъабаз. Инсанасул ихтиярал цIунулезул хIисабалда тIадекIанцIиял гьарун руго Россиялъул ичIго регионалда: Москвагун Путербургалда, Москваялъул, Владимир, Иркутск, Сахалин областазда, Карелиялда, Татарстаналда ва Пермалъул краялда.

Ультракванаразул хIаракатчилъи бихьулеб къагIидаялда жигарлъун буго хасго марталда.

«Соваялъул» статистикаялда рекъон, араб соналда ксенофобиялъул кьучIалда гьарурал такъсиразул хIасилалда хун вуго 20 чи, лъукъун вуго I70ялдаса цIикIкIун чи. ТIадекIанцIиязул аслияб къадар гьабун буго Москваялдаги Петербургалдаги.

Соналъул байбихьудаса расистазул ва цогидаб ультраквараназул пропагандаялъе гIоло Россиялъул диваназ тамихIалде гъоркье вачун вуго 25 чиян, лъазабулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулез.
XS
SM
MD
LG