Америкаялъул Пачалихъияв секретарасул кумекчIужу Виктория Нуланд Молдавиялде щун йиго президент Николае Тимофтигун ва премьер Юрие Лянкэгун кIалъа-ралъаял гьаризе.
Гьелде щвелалде НАТОялъ жидерго гIагали загьир гьабун букIана Россиялъ Крымалъе аннексия гьабун хадуб Молдоваялда лъугьунеб бугеб ахIвал-хIалалда.
Европаялда НАТОялъул аскаразул нухмалъулев Филип Бридлавица лъазабуна Россиялъ Украиналъул гIорхъода гIемераб рагъулаб къуват бакIарун бугин ва, гьесул пикруялда, гьелъул Приднестровье бахъиялъул хIинкъи букIине бегьулин.
1992 соналда Молдавиялда ва гьелдаса батIа тIун букIиналъул лъазабураб Приднестровьеялда гьоркьоб букIараб къокъабго рагъулаб конфликт рагIалде бахъун букIана Россия гьоркьобе лъугьун хадуб. Аслияб къагIидаялда гIурусалъ кIалъалеб Приднестровьеялда хутIулев вуго россиялъул 1400 аскарияв.