Ссылки для упрощенного доступа

Украиналда сверун Россиягун Америкаялъул контактал


Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас Америкаялъул пачалихъияв секретарь Джон Керригун шамат къоялда телефоналдасан гьабураб кIалъаялда дандбана Украиналда сверун ахIвал-хIал. Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъ лъазабухъе, рахъаз дандран руго гьеб суалалда сверун контактал гьаризе ругел болжалал. КIвар буссинабулеб буго гьеб кIалъай Америкаялъул инициативаялда рекъон гьабун букIиналде.
Гьелдаса цебе шамат къоялда Лавровас «Вести в субботу с Сергеем Брилёвым» абулеб телепрограммаялъе кьураб интервьюялда абун букIана Украина цебе тIеялъе гьеб федеративияб гIуцIиялде лъугьин тун батIияб нух бихьуларин Россиялдайин. Гьес гьединго абуна магърибалъул пачалихъазул вакилзабаз кIвар кьолеб бугин Россиялъ гьарулел гьединал лъазабияздейин.
Рузман къоялда Россиялъул президент Владимир Путиница ахIун букIана Америкаялъул президент Барак Обамахъе Украинаялда бугеб кризис дандбазе. ХъахIаб Рукъалъул пресс-хъулухъалъ лъазабулеб буго Обамаца Путин ахIулев вукIанин Украиналъул гъорхъодаса аскарал нахъе рачине ва гьеб улкаялда кризис рагIалде бахъинабизелъун Америкаялъ гьарурал церелъеязе кагътида хъвараб жаваб кьезе.
XS
SM
MD
LG