Ссылки для упрощенного доступа

Россиялда экономикаялъул цебетlей гъодобе кколеб буго


Россиялъул экономикияб цебетIеялда свеун министерлъиялъ цебе букIараб 2,5 % бакIалда ункъго нухалда дагь гьабун ай анцIилъан анлъго проценталде (0,6%) рещтIинабун буго исана улкаялъул букIинисеб экономикияб цебетIеялда сверун жидерго хIисабал.
Гьеб министерлъиялъ лъазабулеб буго гьединаб хIасилалде рачIине рес бугин лъагIалида жаниб улкаялдаса 100 млрд. доллар къватIибе унеб бугониян.
Крымалъе аннексия гьабуралъухъ магърибалъ Москваялде данде гьаризе бегьулел санкциял гIадахъ росун, къатIисел экспертаз рикIкIунеб буго цебетIей гьеб министерлъиялъ бихьизабуралдасаги дагьаб букIине рес бугин.
2013 соналда Россиялъул экономика цебетIун букIана 1,3%, гьеб букIана ахирисеб ункъго соналда жаниб бищунго гIодобегIанасеб тарих.
XS
SM
MD
LG