Шималияб Кавказалда информациялъулаб политикаялъул ругел гIунгутIабазда тIасан данделъи тIобитIиялъе ккараб аслияб гIиллалъун гьелъул гIуцIарухъабаз бихьизабулеб букIана жакъа Шималияб Кавказалъул хасго дагъистаналъул информалатазда жанир лъугьун ургел гIунгутIаби гIемерлъун рукIин. Гьезда гьоркьоб цебесеб бакI кколеб буго эксртемизмалдагу н терроризамалда дандечIеялъул суал, миллатазда гьоркьор питна бекьуле букIин ва гьединго ксенофобиялъ.
Жакъа Россиялъул информациялъулаб авлахъалда жаниб Дагъистаналдаса рачIунел хабарал рокьукъал ругин ва гIемерисел гьел хIакъикъаталда дандекколарел рукIонилан абурб пикру щулалъун буго жакъа дагъистан бахун къватIибехун. Амма гьеб битIун гьечIилан абуна гьеб данделъиялда гIахьалъарав «Кавказалъул политикаялъул центр» абураб гIуцIиялхул нухмалъулев Сопов Алекснадрица. Гьес нухмалъи гьабулеб идара рагьаралдаса бан буго ичIго моцI. Амма гьеб заманалда жаниб гьез гIезегIан хIалтIи бугоан балагьараб мехалда. Жиб-жиб регионалда ругин жидер цIех-рехал гьарулел экспертазул клубалин бицана Соповас. Гьединабго клуб рагьун рагIула Дагъистаналдаги.
Жагъа Шималияб Кавказалъул федералияб округалда ругел гIунгутIаби федералиял информалатаз къватIире кьолел рукIанин цохIо гьенир гурони гьел гьечIел гIадин, амма гьединал гIунгутIаби абуни Россиялъул бокьараб регионалда ратулин. Мисалалъе добго гIадамазе хIалтIизе бакI гьечIолъи, рищватчилъи ва цогидалги гIунгутIаби. Соповaсул рагIабазда рекъон жакъа Дагъистаналда киналго ресал руго туризм цебетIеялъе, амма гьанире хIухьбахъизе рачIине бокьарал гIадамазе квал-квал гьабулеб буго интернеталъул гьурмазда лъун ругел суратаз.
Мисалалъе Дагъистан суратаздалъун абуна Яндексалда суал лъуни церерехун рачIунел ругин 10 соналъ цере чачаназул изну гьечIого яргъид гIуцIаразулгун рукIарал рагъула тунка-гIусиязул ва кьвагьиязул бицунел вахIшиял суратаз.
Сопов Александр: «Нижеца гьарурал цIех-рехаздасан баянлъана мисалалъе Кавказалъул бокьараб регионалде щун гьениса нахъвуссарав чиясе рекIее гIечIеб жо ккани ва гьес гьеб цо 30 чиясда бицани гьеб гIезе буго гьел тIокIал Дагъистаналде рачIинчIого хутIизе. Амма цогидав чиясе Кавказги гьелъул гIадамалги рекIее гIуни ва гьесги гьелго 30 чиясда гьедин бицани гьезулго гъира базехъан буго гьенире рачIине. Кавказалда туризм цебетIезабизе нилъее къваригIун бугони нилъеца тIоцебесеб иргаялда лъикIаб рахъалдехун хисизабизе ккола информациялъулаб политика».
Жакъа гьеб данделъи тIобитIиялъул жинда бищунго лъикIаб рахъ бихьанин официалиял кIалъаял гьаризе рагIи кьечIого эркенаб куцалъ щивас жиндирго пикру загьир гьабизеян бицана гьединго гьениб гIахьалъи гьабурав, «Архыз-24» абураб медиа-холдингалъ ул нухмалъулев Александр Малькевичас. Гьесулги ракI рекъон гьечIоан Кавказалъул информалатаз гIицIго пашманаб хабар гурони къватIибе кьолеб букIиналда.
Малькевич Александр: «Щибаб къоялъ лъикIал ишал кколел руго республикаялда, амма журналистазда гьел гIадамал рази гьаруледухъ къватIире кьезе лъалеб гьечIо. Радалго дур интернеталъул почтаялде рачIарал, гьанив гьав чIван вугин, дова щивалиго викъун яги квьагьизавун вугилан абураб криминалияб темаялъул хабар къватIибе кьезе кIудияб гьунар хIажалъуларо гурищ. Амма лъикIаб хабар бищизеги цIалдолесги гьеб гъираялда цIалуледухъ гьеб хIадур гьабизеги гIезегIан заман тIад хвезабизе ккола».
Гьеб семинар лъугIана Шималияб Кавказалда вугев президентасул вакил хисулев Ведерников Михаилги, Дагъистаналъул нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазанги гIахьаллъун Шималияб Кавказалъул республикабазул нухмалъулездагун информациялъулаб политикаялда гьоркьоб мемеронадумалъул аб къотIи-къай гьабиялдалъун.
Жакъа Россиялъул информациялъулаб авлахъалда жаниб Дагъистаналдаса рачIунел хабарал рокьукъал ругин ва гIемерисел гьел хIакъикъаталда дандекколарел рукIонилан абурб пикру щулалъун буго жакъа дагъистан бахун къватIибехун. Амма гьеб битIун гьечIилан абуна гьеб данделъиялда гIахьалъарав «Кавказалъул политикаялъул центр» абураб гIуцIиялхул нухмалъулев Сопов Алекснадрица. Гьес нухмалъи гьабулеб идара рагьаралдаса бан буго ичIго моцI. Амма гьеб заманалда жаниб гьез гIезегIан хIалтIи бугоан балагьараб мехалда. Жиб-жиб регионалда ругин жидер цIех-рехал гьарулел экспертазул клубалин бицана Соповас. Гьединабго клуб рагьун рагIула Дагъистаналдаги.
Жагъа Шималияб Кавказалъул федералияб округалда ругел гIунгутIаби федералиял информалатаз къватIире кьолел рукIанин цохIо гьенир гурони гьел гьечIел гIадин, амма гьединал гIунгутIаби абуни Россиялъул бокьараб регионалда ратулин. Мисалалъе добго гIадамазе хIалтIизе бакI гьечIолъи, рищватчилъи ва цогидалги гIунгутIаби. Соповaсул рагIабазда рекъон жакъа Дагъистаналда киналго ресал руго туризм цебетIеялъе, амма гьанире хIухьбахъизе рачIине бокьарал гIадамазе квал-квал гьабулеб буго интернеталъул гьурмазда лъун ругел суратаз.
Мисалалъе Дагъистан суратаздалъун абуна Яндексалда суал лъуни церерехун рачIунел ругин 10 соналъ цере чачаназул изну гьечIого яргъид гIуцIаразулгун рукIарал рагъула тунка-гIусиязул ва кьвагьиязул бицунел вахIшиял суратаз.
Сопов Александр: «Нижеца гьарурал цIех-рехаздасан баянлъана мисалалъе Кавказалъул бокьараб регионалде щун гьениса нахъвуссарав чиясе рекIее гIечIеб жо ккани ва гьес гьеб цо 30 чиясда бицани гьеб гIезе буго гьел тIокIал Дагъистаналде рачIинчIого хутIизе. Амма цогидав чиясе Кавказги гьелъул гIадамалги рекIее гIуни ва гьесги гьелго 30 чиясда гьедин бицани гьезулго гъира базехъан буго гьенире рачIине. Кавказалда туризм цебетIезабизе нилъее къваригIун бугони нилъеца тIоцебесеб иргаялда лъикIаб рахъалдехун хисизабизе ккола информациялъулаб политика».
Жакъа гьеб данделъи тIобитIиялъул жинда бищунго лъикIаб рахъ бихьанин официалиял кIалъаял гьаризе рагIи кьечIого эркенаб куцалъ щивас жиндирго пикру загьир гьабизеян бицана гьединго гьениб гIахьалъи гьабурав, «Архыз-24» абураб медиа-холдингалъ
Малькевич Александр: «Щибаб къоялъ лъикIал ишал кколел руго республикаялда, амма журналистазда гьел гIадамал рази гьаруледухъ къватIире кьезе лъалеб гьечIо. Радалго дур интернеталъул почтаялде рачIарал, гьанив гьав чIван вугин, дова щивалиго викъун яги квьагьизавун вугилан абураб криминалияб темаялъул хабар къватIибе кьезе кIудияб гьунар хIажалъуларо гурищ. Амма лъикIаб хабар бищизеги цIалдолесги гьеб гъираялда цIалуледухъ гьеб хIадур гьабизеги гIезегIан заман тIад хвезабизе ккола».
Гьеб семинар лъугIана Шималияб Кавказалда вугев президентасул вакил хисулев Ведерников Михаилги, Дагъистаналъул нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазанги гIахьаллъун Шималияб Кавказалъул республикабазул нухмалъулездагун информациялъулаб политикаялда гьоркьоб мемеронадумалъул