27 марталда Дагъистаналъул халкъияб мажлисалъул данделъиялда гьарурал кIалъаязул бищунго аслиязул цояблъун букIана Дагъистаналъул жанисел ишазул министрасул цевевахъин. Гьес жиндирго кIалъаядла хасго тIадчIун бицана цо-цо мухъазул нухмалъулез кумек гьабулеб бугила Дагъистаналда лъикIаб гуреб ахIва-хIал букIиналъейилан. Гьелъие мисалъун бачана министрас Табасаран мухъалъул цеве вукIарав бетIер ШихмухIамадов НурмухIамадил вас Сандроца 2013 соналъул 23 сентябралда Хучни росу бакьулъ бугеб Табасаран мухъалъул жанисел ишазул идара кьвагьизабиялъулъ гIахьаллъи гьабун букIин. Гьеб такъсир гьабиялъулъ цойги полициялъул хIалтIухъанасги гIахьаллъи гьабун бугиланги лъазабуна ГIабдурашид МухIамадовас.
Дагъистаналъул цIех-рехалъул идарабазул вакилзабаз «Эркенлъи» радиоялъе кьурал баягназда рекъон изнугьечIого ярагъ цIунияъул гьеб хIалтIизабиялъул ва терроризмалъулъ гIахьаллъиялъул гIайибги гIунтIизабун 20I3 соналъул ахиралда ккун вуго гьев Сандро ШихмухIамадов. Жеги гьесул ишалда хурхун цIех-рех лъугIунги гьечIо, министрас Хучниялда кьвагьи гьабиялъулъ гIахьаллъи гьабиялда щаклъи бугев полициялъуласул я цIар, я гьесул къисмат жеги мухIкан гьабизе кIвечIо «Эркенлъи» радиоялда.
РакIаладе щвезабилин гъоркьисала 23 сентябралъул радал Табасаран мухъалъул Киштиль росулъа 25 сон барав МукагIилов ГIазимица Табасараналъул жанисел ишазул бутIаялъул минаялда сверун бугеб къедги биххизабун гьелъул азбаралъубеги бачун кьвагьизабуна автомобиль. Къуваталъул идарабаз кьурал баяназда рекъон гьеб автомобилалъуб дагьалдасан 70 килограмм кьвагьулеб жоялъул букIун буго. Кьвагьиялъул хIасилалда полициялъул кIиго хIалтIухъан чIвана ва I6 чиясе зарал ккана, гьезда гьоркьор рукIана полициялъулал гурониги гIадатиял гIадамалги.
Табасаналъул коррупциялде дандечIараб идараялъул гIахьалчи Къурбанов Гъазиханица «Эркенлъи» радиоялъе бицана жакъа жидер кIудияб роххалилаб къо бугила, щай гурелъул чанги саназ жидер идараялъ гьабураб цIех-рехалъул баяназухъ гIинтIамун букIинчIила къуватазул идарабаз. Жидехъе некIого щун рукIанила Табасаран мухъалъул нухмалъиялъ Жанунияб Дагъистаналда бугеб изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъе кумек гьабулеб букIин тадсикъ гьарулел баянал. Министрасги цеве вахъун Табасараналда бугеб ахIвал-хIалалъул бициндал, гьанжениги гьел хIакимзабазе ва гьезул лъималазе букIине кколеб тамихI гьабилин хьул бугила жидер.
Дагьаб цебегIан «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда Гъазиханица бицун букIана корруция тIагIинабун гурони Дагъистаналда террорим лъугIуларилан. Гьес бицун букIана Жанунияб Дагъистаналда бугеб изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъе Табасаран мухъалъул нухмалъуда ругез кумек гьабулеблъи лъалила жидеда, гьелъие нугIлъи гьабун бажарулел чагIиги ругила жидер, амма къуваталъул идарабаз гьела баяназдехун букIине кколеб бербалагьи гьабулеб гьечIила, щай гурелъул хIакимзабаз гIарацги кьун руцIцIинарун ругила гьел.
Къурбанов Гъазихан: «Нижер баяназда рекъон гьев ШихмухIамадов НурмухIамадил вас вукIун вуго Жанунияб Дагъистаналъул изнугьечIого яргъидгIуцIарал яргъидалъун хьезарулев чи. Нижер идараялъ гIемер цIех-хер гьабуна гьелъул. Нижер мухъалда бугеб гьеб изнугьечIого яргъидцIуцIаразул къокъаялда гъорлъ бищунго гIемер табасараналлъидал ругел, гьитIинаб мухъалда ругел нижеда щив кив вугевали лъачIого букIунарелъул. Гьедин гIемер цIех-рех гьабуна нижеца гьел рохьилазе лъица кумек гьабулебали лъазе. Щвара-щварал баянал федералияб хIинкъигьечIолъиялъул идараялдеги кьолел рукIана.
Полициялде гьелъул бицун ниж инецин инчIо, щай гурелъул нижер полициялъулалги гьеб базаралда гьоркьор рукIин лъалеб букIана нижеда, гьезда щибго божилъиги букIинчIо. Дир пикруялда рекъон жакъа министрас цIар рехсечIев Хучниялда кьвагьи бахъинабиялъулъ гIахьаллъарав полициялъулавги ШихмухIамадов Шавхал вукIун ватилилан. Гьев вукIана нижер гьаниса бищун гIемер рохьахъе гIолохъаби араллъун рикIкIунел росабалъ участковый инспекторлъун, гьел рохьилазулгун хурхен букIинчIин гьев участковыиясулин абуни бер бахъизе кьела дица. ТIадежоялъе гьев вуго ШихмухIамадов НурмухIамадил вацасул васги, гьев участковыйлъун вугеб мехалда гIуцIана гьаниб щулалъана гьаниб рохьилазул къокъа».
ШихмухIамадов Сандро цеве щиб пишаялъул чийин вукIаравилан цIехедал Гъазихан Къурбановас бицана гьев гIумру гьабун Хучниялда вукIанин, гьениб бугеб «Эсид» абулеб коммерческияб банкалъул бетIерхисулевлъун хIалтIилев вукIанила гьевилан. Хучниялда кьвагьи бахъун хадуб тIагIанила гьев росулъа, тIокIав лъиданиги вихьизеги вихьичIилан. Гьесул рагIула хъизан ва кIиго лъимерги.
Гьесул эмен ШихмухIамадов НурмухIамадида тIад, гъоркьисала июнь моцIалда бюджеталъул гIарац бикъиялъул гIайибги гIунтIизабун, Табасаран мухъалъул бетIерасул хъулухъалдасаги вахъун, тIад такъсиргьабиялъул иш рагьун букIана. Гьелдаса хадув вахчарилев вукIарав ШихмухIамадов Азербайджаналъул ва Дагъистаналъул гIурхъи бахунаго ккун вукIана къуваталъул идарабаз Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул баяналда рекъон Табасараналъул вукIарав бетIерасул ишалъул цIех-рех унеб бугеб, гьеб лъугIизегIан гьев кивениги ине изнуги кьечIого рокъов туснахъ гьавун вуго.