Узбекистаналъул президентасул кIудияй яс Гульнара Каримовалда гIунтIизабулеб буго TeliaSonera абулеб финазулгун-шведазул телеоператоралъухъ рищват босиялъул гIайиб. Шведазул прокуроразда мугъчIвайги гьабулаго Reutersалъ лъазабулеб буго Каримовалъ рищват босун букIанин Узбекистаналда хIалтIизе гьеб компаниялъе рес кьуралъухъин.
ЦIех-рехчагIаз лъазабулеб буго 2007 соналда TeliaSoneraялъ кьун букIанин лицензиялъухъ 350 миллион доллар ва гьеб рехун букIанин Гибралтаралда бугеб Каримовалъулгун бухьен бугеб Takilant фирмаялъейин.
«Би-би-сиялъ» кьолеб буго корпорациялъухъ бугеб ва Каримовалъул квералъ хъварабин абулеб кагътил хIакъалъулъ информация. Гьелда узбеказул лидерасул ясалъ абулеб буго жий Ташкенталда рокъой жаний тIамун йигин, юухулейги йигин, жиндие «психологияб тIадецуйги гьабулеб бугин».