Америкаялъ ва Европаялъ цадахъ рекъон рахъ кколеб буго Украиналъул хIукумалъулги халкъалъулги. Гьедин абуна Америкаялъул президент Барак Обамаца итни къоялда Амстердамалда.
Гьес тIадеги жубана: «Крымалда гьабуралъухъ кколеб рецIел Россиялъ кьезе кколеб букIиналда разиял руго нижги Европаги»,-ян.
НАТОялда Вашингтоналъул рахъ кколел дунялалдаго Америкаялъул бищунго лъикIал партнерал ругин ва Америкаялъ дунялалъул гьоркьорлъаби гIуцIулаго кьочIолаб бакI Европаялъ кколинги рикIкIунеб буго америкаялъул президентас.
Гьеб лъазаби гьабун букIана Нидерландазул премьер-министр Марк Рюттегун Обамал букIараб дандачIваялдаса хадуб кьураб пресс-конференциялда.
Гьениса Обамал сапар халат бахъинеб буго атомияб хIинкъигьечIолъиялда сверун итни къоялда саммит рагьулеб Гаагаялде ва гьенибго тIобитIизе буго «КIудияб Анкьилабалъул» данделъиги. Америкаялъул, Алманиялъ, Британиялъул, Канадаялъул, Франциялъул, Япониялъул ва Италиялъул лидерал гьенире ракIарун руго Россиялъ Крымалъе аннексия гьабиялда бан хадусел галаби дандразе. Гьедин лъазабун букIана араб анкьалда Обамал администрациялъ.