Къоло цоабилеб гIасруялъул лъимал «дунялалъулго хъанхъра» - интернеталъул асирлъуде ккун руго. Гьезда нилъер умумузул чIагояб тарих бихьизабизе гIемераб хIалтIи гьабулеб буго Аваразул Миллиябгун маданияб автономиялъ.
Араб арбагI къоялъул бакъанида республикаялъул Миллияб библиотекаялда тIобитIана «Церехъабазул кучIдул» тIехьалъул презентация. ГIалимчи АхIмад МуртазагIалиевас дандегьарун руго магIарулазул бодул церехъаби ХарачIиса Рекъав Ражбадинил, Балагьаниса Мусал ГIадаласул, Хунзахъа ГIумахан Нуцалил ва цогидалги цIар арал машгьурал аваразул кьалул багьадуразул хIакъалъулъ асарал.
Аслияб куцалда гьел ккола 16 гIасруялдаса байбихьун XVIII гIасруялда гьоркьоб магIарулаз гьарурал чабхъеназул бицунел шигIраби. Аслияб куцалъ гьел ккола ЦIоралде гьарурал сапарал.
ЦIияб тIехьалде жанире росун руго гьел халкъиял кучIдузул тIасарищарал гIадал асарал.
ТIехь данде гьабурав АхIмад МуртазагIалиевас абуна нилъер умумузул кочIол даимаб тема букIанин рокьиги кьалги. БатIияб магIанаялъул кучIдул рукIинчIин магIарулазул.
МагIарулазул бодул церехъабзул хIакъалъулъ кучIдул тIоцере данде гьаризе байбихьун буго ХIХ гIасруялъул байбихьуда гIурусазул гIалимчи Петр Карлович Усларица. Гьесдаса хадуб Хунзахъа Макъсуд ГIалихановас.
ТIоцебесеб тIехь басамаялде бахъун буго гIалимчи, ГIалихIажи Ахлакъовас,1972 соналъ. Амма хъачагъазул кучIдул дандеракIарунилан гьесие гIемераб ракIбакъвай щун буго доб мехалъ обкомпартиялъул нухмалъулездасан.
Амма кинаб батаниги нилъерго тарихалдаса нилъ нечезе кколарин, гьеб бугин нилъер умумузул тарихилан абуна АхIмадица.
МуртазагIалиев АхIмад «Кинаб батаниги гьеб тарих нилъер тарих буго ва гьеладса нечезе кколаро нилъ. Узухъда абула гьебдила хъачагъазул кечIилан абун. Амма хIисаб гьабун бихье кутакалда магIна гъваридал, гIелмиял тIахьаздаги нилъеда батичIеб чанги хIужа батула нилъеда гьениб.
Гьединго магIарулазул география гIемераб жо бачун буго гьел кучIдуз жанибе».
Чабхъад унел магIарулазул аслияб мурад чияр боцIи талавур гьаби букIинчIолъи тасдикъ гьаризе гьадинал мухъалаги рачана гьес мисалалъе.
Доб ЦебецIоралде жал щвараб мехалъ цо гьари гьабураб Ражабаданица
Аварагзабазул заманаялда Зирарие гIадаб талихI кьегиян.
Гьеб гуребги добмехалъго магIарулаз гьарулел чабхъеназулъ цебетIолеб букIанин дипломтиялъулал бухьенал щула гьари, философия, дунял бичIчIи ва бихьи.
ХIасил-калам АхIмад МуртазагIалиевасе абизе бокьун магIарулазул бодул церехъабазул гIмрудулъ наслабаз мисал босизе рекъараб рекъараб тема букIанилан.
Халкъиял кучIдузул жалго халкъиял кучIдуз гIадин лъикIго магIнаялда лъицаниги бицунарин. Халкъиял кучIдузул хIакъалъулъ бицине лъугьин гьеб бугин магIарулазул абухъе цIураб гIертIинибе лъим тIураб гIадаб жоян абуна гьанже гIагар «Дагъистан» абураб журналалъул бетIерав редакторасул хъулухъалде тIамурав БисавгIалиев МухIамадица.
Гьанжеялдаса кIинусго ва лъабнусго соналъ цебе соц.реализмги, советияб идеологияги жеги макьилъги магIарулазда цебетIамулареб заманаялда, гьезего гьечIев чисухъ ккараб рокьул гьезего гьечIеб асаралъул бицун квечI хъвалареб заманалъ, рижанин гьединал магIарул бихьинчилъиялъул, къадруялъул ва чIагояб асаралъул бицунел кучIдул.
Гьес ракIалде щвезабуна кIиго соналъ цебе шагIир ГIадаллогун букIараб гара-чIвариялда гьес абураб рагIаби. ХIужаялда бижараб гурони кIечIги хъвачIин нилъер умумуз, хIужалъун лъураб рагIи гурони халкъияб кечIлъун наслабаз наслабахъе кьун цIунизеги цIуничIилин.
Живго ГIадаллоца абуна гьениб Совет хIукуматалъул тарихалъ церерахъизе риччачIин нилъер машгьурал бодул церехъабазул кучIдул. Доб мехалъ къиматалда рукIанин гIачи речIчIулей, хер цIикIкIун бецарай чIужугIадамалде гьарурал кучIдул
Данделъи кIудияб махщалида нухда бачана Авар театралда хIалтIулев вукIарав ХирамухIамад ХирамухIамадовас. Гьес берцинаб цеберагIиги гьабун кечI ахIизе къабул гьаюна Авар театралъул артистка ПатIимат ХIажиева. Дагъистаналъул мустIахIикай артисткаялъ ахIана машгьураб Бахтикал кечIги гьаркьоб заман ун хадуб цоги машгьураб халкъияб шигIруги.
Рекъав Ражбадинил кечI ахIизе гьеб тадбиралде ахIун вукIана машгьурав кочIохъан Абакар Жамалудинов. Сапаралде ине нухда хIетIе лъурав чи вачIана Абакар гьениве ва гIедегIалихъе лъаларо яги балагьизе ян лъугьаниги батичIогойищали лъаларо, тIамур щун гьечIоан кIочIохъанасухъе.
Амма залалъ хъатги чIван кумек гьабуна гьесие машгьурав магIарулазул бодул цевехъанасул кечI ахIизе.
ХарачIиса Рекъав Ражбадин иргадулаб чабхъеналъ араб бакIалда гуржиязул ракьалда асирлъуде ккун вуго машгьурав унсоколосев. Гуржияз гьев чIвазе къотIун вуго. Гьеб букIун буго 1773 сон. Амма халкъияб кIочIолъ гьев жакъаги чIаго вуго.