Ссылки для упрощенного доступа

М.Митуричица рахъарал суратазул экспозиция


18 марталда Дагъистаналъул миллияб маданияталъул централда рагьана художник Май Митуричица, ЦIумада мухъалъул росабалъ минабазул къадалъ лъурал ганчIазда рикIарал некIсиял нахъищазул рахъарал суратал рихьизари. Цебе киданиги букIинчIеб гьединаб «Хуштадаса Пертрографика» абураб экспозициялъухъ ралагьизе гIемерав чи вакIарун вукIана гьеб къоялъ.

Талат къоялъ Дагъистаналъул миллияб маданияталъул централде бакIарун букIана батIи-батIияб гIалам. Художниказдаса бахъараб, журналистазде ва тарихчагIазде гIунтIун гьенив камурав чи вукIинчIо. Гьел киналго рачIун рукIана цебе киданиги бихьизабун букIинчIеб художник Май Митуричил «Хуштадаса петрографика» абураб экспозициялъухъ ралагьизе.

Май Митуричица рахъарал суратал
Май Митуричица рахъарал суратал
Гьенир рихьизарун руго 1951 соналъ Митуричица рахъарал ЦIумада мухъалъул Хуштада ва Сасикь росабазул рукъзабазул къадалъ лъурал ганчIазда рикIарал некIсиял накъищазул ва хъвай-хъвагIаязул суратал.

Гьел суратал цIакъ мухIканго фотоаппараталъ гьарурал сураталгIанги лъикI рахъун ругин бицунеб букIана экспозициялде рачIарал тарихчагIаз ва этнографаз.

Кинабниги бихьизабун буго карандашалъ ва чIегIераб тушалъ бахъараб 6I сурат. Гьел суратазда рихьизарун руго батIи-батIиял накъищал, хIарпазда релълъарал жал, батIи-батIиял ишараби, хъанчалгун жугьутIазул анлъгIаркьелал цIваби. Цониги цоцада релъалъараб суратги гьечIо гьезда гьоркьоб.

Дагъистаналъул миллияб маданияталъул централъул нухмалъулей Монакова Жавгьаратица экспозиция рагьулаго абуна гьал Митуричил петрографикаялъ нилъер халкъалъул тарихалъулъги маданияталъулъги кIудияб бакI кколин.

Жакъа къоялъ тIубан тIагIун ругин абизе бегьулел гьел накъищал тIад ругел ганчIазул сураталгIаги нилъехъе щвей кIудияб талихI бугин ва гьеб хIалтIухъ нилъ кидаго художник Май Митуричил налъулаллъун ругила.

Жавгьарат Монакова
Жавгьарат Монакова
Жавгьарат Монакова: «Жакъа нилъеда рихьизарун руго мухIканго, цIакъ дол ганчIазда рахъарал нахъищазда релълъарал суратал. Гьезухъги балагьун щивасда бичIчIизе ккола нилъер умумул маданият гьечIел чагIи рукIинчIолъи.

Суратазухъ балагьун бихьулеб буго гьезие гIемераб жоялъул ургъел букIин. Гьадинго рахъарал хIурччал мухъал гуро гьел, гьеб щибаб нахъищалъулъги сураталъулъги хасаб магIна буго.

Нилъеца гьезда хадуб гъезе жеги чанги хIалтIи гьабизе ккола, гьезулъ бахчун бугеб магIна бичIчIизе кканиги чанги заман хIажалъила.

Гьединлъидал Дагъистаналъул маданияталъе ва тарихалъе гьадигIан кIудияб кIвар бугел гьел накъищал нахъе цIуниялъе гьабураб хIалтIухъ, Митурич гIадал гIажаибал гьайбатал гIадамаз Дагъистаналдеги рачIун нилъее нилъер умумузул тарих бихьизе, лъазабизе рес щвеялдаса гьезие баркала кьезе ккола нилъеца».

Экспозиция гIуцIарай Дагирова Джамиляца бицана гьеб тадбиралде хIадурулаго жидеца ралагьанила Май Митуричил гIагарлъи ва гьез Дагъистаналда хурхарал дагьайги сураталги кьунила музеялъейилан.

Дагирова Джамиля: «Дида Дагъистаналъул цолъараб музеялда ратун рукIана гьал суратал, нахъа рахъалда 1951 соналъ рахъанин абун гьабураб хъвай-хъвагIай гуреб тIокIаб жоги букIинчIо. Май Митурички нилъеда киназдаго тIахьазе суратал рахъулев чи хIисабалда гурони лъалев вукIинчIо.

Гьединлъидал гIезегIан цIех-рех гьабизе ккана гьесда сверун. Гьедин интернеталдаса ралагьун лъана гьесул гIагарлъи. Гьез бицана 1950 соназ Дагъистаналъул тарихчагIазда цадахъ батIи-батIиял экспедициязде унаанин художник Митуричилан, гьеб мехалда рахъарал сураталги ругилан гьелилан. Гьанир ругезда тIаде Митуричил яс Вераца жеги анлъго суратги кьуна музеялъе».

Тадбиралда гIахьаллъарав художник ГIамирхан МухIамадовас «Эркенлъи» радиоялъе бицана Дагъистаналъул тарихалъул ва маданияталъул цо хасаб бутIа цIунун хутIиялъе Май Митуричица гIадин хIалтIи гьабурав чи гIемер гьечIилан.

Тадбиралда гIахьаллъарал ЦIумада мухъалъул Хуштадаса гIолоохъабаз бицана гьел накъищал тIд ругел ганчIаз рарал минабиги жидер басрияб росулъ рукIанин, гьеб росуги чIунтун бугин, гьенир рукIарал минабиги риххун, гьел ганчIалги тIагIун лъугIулел ругилан.

АскIобго бугеб цIияб росулъги минаби ралелъул гьел ганчIал хIалтIизаруларилан.
Экспозиция букIине буго апрель моцI лъугIизегIан, гьатIан къоялъ хутIизегIан бокьараб цойгидаб къоялъ чIобого ине бегьула гьелъухъ ралагьизе.
XS
SM
MD
LG