Ссылки для упрощенного доступа

Украиналъул Радаялъ декларация къабул гьабуна


Украиналъул ТIадегIанаб Радаялъ хамиз къоялъ къабул гьабуна Украина хвасар гьабиялда хурхараб декларация.

Украиналъул тIадтараз халкъаздагьоркьосеб жамагIаталдехун руссун, гьарулеб буго «Крымалъул республика» абураб пуланаб субъект тасдикъ гьабизе гIедегIуге ян абун.

Украиналъул халкъалъ киданиги гьоркьоса къотIизе гьечIин Крым оккупантазукьа рорчIизабиялъул къеркьей, ян абулеб буго рехсараб декларациялда.
XS
SM
MD
LG