Крымалъул тIадегIанаб мажлисалъ талат къоялда къабул гьабуна республикаялъул лъиданиги бачIоголъиялъул ва референдумалда хадуб Россиялъул Федерациялде гъорлъе лъугьиналъул декларация.
Гьеб галиялъ халкъазда гьоркьосел къанунал хвезарулел гьечIолъи бихьизабун, Крымалъул парламенталъул сайталда бахъараб документалда рехсолеб буго Косовоялда хурхун 2010 соналъул 22 июлалда къабул гьабураб Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул Халкъазда гьоркьосеб диваналъул хIукму.
Крымалъул ТIадегIанаб мажлисалъул нухмалъулев Владимир Константиновас лъазабуна, декларациялъ бащдабчIинкIиялъиялъе кьолеб бугин пачалихъияб статус ва гьанже автономия абураб рагIи нахъе бахъун, хутIулеб бугин «Республика Крым» абураб цIарин.
Гьесулго рагIабазда гьеб гьабун буго Крым Россиялде гъорлъе лъугьиналъул процедура къанунияблъун къабул гьабиялъул мурадалда. Гьеб гуребги Крымалъул парламентарияз къабул гьабуна Крымалъул татаразул интересал цIуниялда хурхарал чанго хIукмуги.
УНИАН агентлъиялъул лъазабиялда рекъон, талат къоялдаго Украиналъул ТIадегIанаб Радаялъ Россия ахIана нахъ тIамичIого улкаялдаса рагъул къуватал нахъе рачиналде ва Украиналъул хIинкъигьечIолъиялъул гаранатал - гьелъул тIолголъи цIуниялде.
Крымалъул парламенталъ 16 март чIезабуна Крымалъул статусалда хурхараб суалал лъураб референдумалъул къо хIисабалда.
Киевалъ гьеб тадбир рикIкIунеб буго къануназде данде кколареблъун. Крымалъул татаразги ахIи бана гьеб плебесциталъул бойкот гьабиялде.