Malaysia Airlines компаниялъул авиалайнер балагьулеб буго дунялалъул батIи-батIиял улкабаздаса 40 гамаялъ 20 аэроплангун тирелоялъ.
Малайзиялъул тахшагьар Куала-Лумпуралдаса Пекиналде боржунеб букIараб гьеб балагьулеб буго Жанубияб Китаялъул ралъдал акваториялда. «Боинг-777» радараздаса билун буго гьаваялде борхун сагIат гIанасеб заман ун хадуб. Балагьалъул сигналги экипажалъ кьолеб букIун гьечIо. Авиалайнералда тIад вукIун вуго 239 чи, гьезулги бащдалдаса цIикIкIун Китаялдаса рукIун руго. Гьединго Россиялдаса цо ва Украиналдаса кIиго чиги вукIун вуго гьелда тIад. Гьелда тIад гьединго рукIун руго Европаялдаса кIиго чиясул Таиландалда рикъарал паспорталгун гIадамалги.