Украиналъул премьер-министр Арсений Яценюкица лъазабуна тIасияб анкьалда жив Вашингтоналде ине вугин Крымалда сверун бугеб ахIвал-хIал дандбазейин. Гьес гьединго абуна Украиналъ Россиялъе жиндир территориялъул гьитIинаб кесекцин кьезе гьечIин.
ГьатIан къоялда Донецкалде щварав «УДАР» партиялъул лидер Виталий Кличкоца лъазабуна Украина тIезабизелъун къватIисан бахъулеб бугеб хIаракат къотIизабизе кколин.
Гьебго заманаялда Интерфаксалъ лъазабулеб букIана Донецкалъул Ленинил цIаралда бугеб майданалда тIобитIулеб бугин Россиялъул рахъ кколел гIадамазул анкьазарго чи гIахьаллъараб митингин ва гьез рахъ кколеб бугин Россиялде гьоркьобе лъугьиналъул суал лъураб референдум Крымалда тIобитIизе гьабураб хIукмуялъулин.
Украиналъул цоги-цоги шагьараздаги тIоритIулел рукIана Крымалда Россиялъул политикаялъул рахъ ккуралги гьелде данде ругелги гIадамазул митингал.
Россиялде гьоркьобе лъугьиналъул суал борхараб референдум Крымалда тобитIизе буго 16 марталда.