«Киевалъул нухмалъиялде рачIарал гьечIо жалго лъикIал рахъун кинал рукIаниги ишал гьаризе кIолел чагIи. Гьезул хIалтIи тIубанго бараб буго яргъидгIуцIарал радикал-националистазул рагIиялда. Гьезухъе щун буго жакъасеб къоялъ украинаялда нухмалъи»,-ян лъазабуна Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас 8 марталда Москваялда Таджикистаналъул къватIисел ишазул министр Сироджиддин Асловасулгун дандчIваялдаса хадуб тIобитIараб пресс-конференциялда. Гьедин лъазабулеб буго Россиялъул информалатаз.
«Щибилан нужеца гъолда абураб. Заманалъул нухмалъулнищ? Гьел жалго жидедаго чIаралцин гьечIо кигIан ракI хваниги. Гьезул хIалтIи бухьараб буго радикал-националистазда рагъулаб тIадекIанцIиялдалъун нухмалъи кодобе босаразда. Гьел щал кколелали нижер бакътIерхьул рахъалъул партнёразда лъикI лъалеб батула»,-ян тIаде жубана Сергей Лавровас.
Пресс-конференциялда Россиялъул къватIисел ишазда тIасан министрас гьединго лъазабун буго Украинаялъул майданалда халкъ снайпераз чIваялъул ишалъул Европаялъ цIех-рех гьабизе кколинги, туртида гъоркь бахчун гьеб тIубазе гьечIинги.
Щибги ракIалде ккун гьедин абурабали Сергей Лавровас якъин гьабулеб гьечIо. Амма информация тIибитIизабулел алатаз ракIалде щвезабулеб буго 5 марталда интернеталда раккарал телефоналдасан кIалъаял.
Гьездасан цояб букIана Эстониялъул къватIисел ишазда тIасан министр Урмас Паэтилги Европаялъул Шураялъул тIадегIанай цеехъан Кэтрин Эштонилги.
Гьел кIиязго гьоркьор лъун рукIун руго майданалда хваразул жаназабазе экспертиза гьабурал Украинаялъул тохтурзаби нахъе рачиналъул суал.
Эстониялъул дипломатасул рагIабазда рекъон, киналго цIех-рехаз бихьизабун рагIула гIадатияб халкъ чIваралги милициялъул хIалтIухъаби чIваралги гулби цого рукIин. Гьедин лъазабулеб буго цо-цо информаталазда.
ГIурус мацIалда ругел цо-цо интернет сурсатаз, хас гьабун Ньюс.ру сайталъ лъазабулеб буго гIужилал ай снайперал рехарав президент Виктор Януковичасул рахъалдаса гурел гьанже тарал тIадтаразул рукIин чIезабулеб бугин цIех-рехалъ. Амма Эстониялъул рахъалъ хIаракат бахъулеб бугин гьезул къватIисел ишазул министрасул рагIаби мекъи ричIчIун ругин чIезабизе.
Россиялъул информалатазда лъазабухъе, Украинаялъул гьанжесел нухмалъулез гIадамал чIваялъул жавабчилъи лъолеб буго цере рукIарал тIадтаразда. Гьездаго абулеб буго, Киевалъул цIиял тIадтараз рикIкIунеб бугин ритIухъаб цIех-рех гьабуни гьелъ бихьизабилин чIвай-хъваяздехун оппозициялъул хурхен гьечIолъиги, гьелъул гьанже ругел тIадтаразул легитимизациялъе квербаги букIинин.
Россиялъул информалатазда рекъон, Евроайданалда ккарал чIвай-хъваязе Россия гIайибаблъун рикIкIунеб буго Киевалъул цIиял тIадтараз. Россиялъул аскариял рукIанин гIужилазул бакIалда ян абулеб буго гьениб.
Майданалда гIадамал чIваялъул цIех-рех гьабизе кколин рикIкIунеб буго Алманиялъул канцлер Ангела Меркелицаги.
Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас лъазабухъе, цIех-рех гьабизе ккола Европаялда РекъонхIалтIиялда ва ХIинкъигьечIолъи цIуниялда сверун Идараялъги ай ОБСЕ-ялъ .
«Нижеца гьеб тIалаб гьабизе буго. РитIухълъиялъ жиндиего нухъ бахъизе батIила», -ян абулел министрасул рагIаби кьолел руго Россиялъул информалатаз.