Крымалъул ТIадегIанаб Щураялъул данделъиялда хамиз къоялда къабул гьабун буго гьеб автономия Россиялъул Федерациялъул субъект хIисабалда Россиялде гьоркьобе лъугьиналъул хIукму.
Крымалъул ТIадегIанаб Щураялъ гьединго чIезабун буго 16 марталда Крымалъул статусалда хурхараб референдум тIобитIизе букIинги.
Гьелде босизе буго кIиго суал- Крым Украиналда жаниб хутIизейищ кколеб яги Россиялде гъорлъе лъугьинейищ кколеб- абурал.
Крымалъул статусалда хурхараб референдум гьабизе бугин лъазабун букIана февралалъул ахиралдаго, амма байбихьуда Крым Украиналдаса батIа тIезабиялъул биценго букIинчIо.
Киевалъе мукIурлъулареб Крымалъул цIияб нухмалъиялъ кIиго нухалда нахъе бахъун букIана референдумалъул болжал, цин 25 маялдаса цинги 30 марталдаса.