Президент Барак Обамал администрациялъул вакилзабаз ва асар кIудиял конгрессменаз жидерго пикраби загьир гьарунин Россиялде данде гьаризе кколел санкциязда хурхун.
Америкалъул официалиял вакилзабазул ахирисел лъазабиязда рекъон гьабсагIат дандбалеб буго суал – кида Россиялде данде санкциял гьаризе кколелали ва хасго кинал санкциял гьел рукIине ругелали.
Гьадинаб хIасил гьабизе бегьула Цоллъарал Штатазул Пачалихъияб департаменталъул вакил Джен Псакил лъазаби гIадахъ босун.
Гьес гьадин абуна: «Нижеца гьел санкциязул ресал дандралел гьечIо, батизе бегьула нижеца гьел кватIичIого лъазаризе руго».
Президент Барак Обамаца мухIкан гьабун абуна, Америкалъул Цолъарал Штатазул рес бугин гьадинал санкциял экономикияб ва дипломатикияб къагIидаялъ гьаризе.
Барак Обама: «Россиялъ нахъеги гьебго нух ккун багъаранани нижеца экономикиял ва дипломатикиял цо чанго галаби тIамилаан Россиялъул экономикаялъе ва гьелъ дунялалда кколеб бакIалъе квешаб асар гьабизелъун.
Россиялъулгун Украиналъул гIагарал бухьенал руго.Украиналда гIемерал гIурусаз ва Россиялъул гражданаз яшав гьабулеб буго, Россиялдаги руго гIемарал украиниял. Гьеб кIиябго улкаялда гьоркьоб щулиял дармил бухеналги руго.
Ва гьел киналго интересал гIадахъ росизе бегьула. Россиялъхул ихтияр гьечIо Украиналъул территориялде жиндирго аскариял ритIизе тIолго дунялалъул нормаби хвезарун»
Россиялде данде гьаризесел санкциязул бицен гьабулеб буго кIиябго партиялъул рахъалъ Америкалъул конгрессменазги сенаторазги.
Мисалалъе Коннектикут штатаздаса сенатор-демократ Крис Мэрфица лъазабуна Сенаталъ Россиялъул цо-цо банказде данде тадбирал гьаризе бегьулин ва администрациялде ахIи базе Россиялъул пачалихъиял идарабазулги напсияб бетIергьанлъи бугел инвесторазулги актива цIорозаре ян абун.
Гьеб гуребги – Россиялъул гражданазе визаялъул низамалъул гIурхъи тIамизе.
Гьелда релъараб калам чIван къотIараб куцалда гьабуна Республиканияб партиялъул рахъалъан сенатор Джон Маккейница:
Джон Маккейн: «Олимпиялъул хIаял лъугIилалде хъващтIан байбихьана Крымалъул оккупация. Гьеб буго Владимир Путиница гьабулеб хIехьезе захIматаб агрессиялъул акт. Дунялалъул жамгIияталъ гьеб сан гьабичIого тезе кколаро.
Рагъулаб жаваб гьабизе нижер ихтияр гьечIониги, амма дунялалда бищун гучаб улкалъун кколеб Цолъарал Штатазул руго цогидал ресал.
Байбихьуда нижеда кIола коррупциялда гъанкъарал Россиялъул пачалихъиял хъулухъчагIазул цIарал загьирарун, гьезде данде хIалтIизазаризе «Магнитскиясул акталда» рехсолел цо-цо тадбирал.
Нижеда кIола гьеб къанун гIатIилъизабизе ва гьелдалъун Лас-Вегасалде нух къазе Россиялъул пачалихъиял ришватчагIазе».
Цо-цо Америкалъул политиказ санкциязул хIакъалъулъ гуребги – бицен гьабулеб буго Россиялъулгун бугеб гьоркьобакIалде цIияб бербалагьи гьабиялде.
Гьезул цояв – Флорида штатаздаса Республиканияб партиялъул рахъалъан сенатор Марко Рубио.
Гьев рикIкIунев вуго 2016 соналда рукIинесел президентасул рищиязда кандидатлъун вахъине рес бугев политиклъун.
Марко Рубио: «Россиялъулгун рукIинесел бухьеназда ралагьулаго, нилъеда тIадаб буго ахирисеб чанго соналда жанир гьарурал гъалатIазда тIад ургъизе. Хасго гьанжесеб администрациялъ гьарурал гъалатIазда.
ХIажатаб буго бичIчIизе щиб кколебали Владимир Путинил нухмалъиялда гъоркь Россиялъул аслияб мурадлъун. Россиялъ халкъаздагьоркьосел нормаби цIунизе бугоян абизе рес гьечIо.
Гьелъ жиндирго букIараб къуват цIилъизабизе хIаракат бахъулеб буго. Ва гьединаб иш гьелъ гьабулеб буго Цолъарал Штатазул миллиял интересазе зарал гьабулаго.
Батизе бегьула Путиница хIисаб гьабун, бичIчIана жинца гьабураб щинаб жиндие пайдаяблъун букIине бугеблъи».
Сенатор Рубиол пикруялда Цолъарал Штатазги гьезул рахъ кколезги таваккалаб жаваб кьезе кколин Путиница гьабулеб ишалъе ва гьелдалъун гьесда бичIчIизабизе кигIан кIудияб гъалатI гьес гьабулеб бугеб.
Эркенлъи радиоялъул гIурус хъулухъалъул мухбир Владимир Дубинскиясул макъало.