Ссылки для упрощенного доступа

Крымалъул политикияб багьа


Россиялъул Крымалда бугеб Генералиб Консульствоялъ байбихьун буго хасаб къокъа «Беркуталъе» Симферополалда хехаб къагIидаялъ Россиялъул паспортал кьезе.
Россиялъул Крымалда бугеб Генералиб Консульствоялъ байбихьун буго хасаб къокъа «Беркуталъе» Симферополалда хехаб къагIидаялъ Россиялъул паспортал кьезе.

Крымалда рекъел ва паракъалъи чIезабеялъе кумек гьабеян президент Владимир Путинида гьарун буго Крымалъул Министерзабазул шураялъул нухмалъулевлъун вищарав Сергей Аксеновас. «Дица гьарулеб буго россиялъул президент Владимир Путинида Автономияб Республика Крымалда рекъелги паракъалъиги чIезабиялъе кумек гьабеян».

Россиялъ кIвар буссинабичIого тезе гьечIин Крымалъул министерзабазул шураялъул нухмалъулесул гьари. Гьадин лъазабун буго россиялъул президентасул администрациялдасан. Амма кинаб кумек гьеб букIине колебали якъин гьабулеб гьечIо.

Украинаялъул премьер министр Арсений Яценюкица Москваялда лъазабулеб буго нахъралагьичIо Крымалдаса аскарал нахъе рачеян. РачинчIони хадуб ккун Крымалда ккараб-таралъул жавабчилъи Россиялда тIад лъезе бугин лъазабулеб буго гьес.

Украинаялъул жанисел ишазул министерлъиялдасан рачIунел лъазабиязда рекъон Крымалде Россиялъ рехун руго 6000 гIанасев аскарияв.

Гьаб соналъул маялда тIобитIизе хIисабалде босун букIараб Крымалъул статус чIезабиялда бараб референдум тIобитIизе буго 30 марталда.
Гьеб цудун гьабизе кколеб ахIвал хIал бугин лъазабун буго Крымалъул министерзабазул шураялъул нухмалъулев Сергей Аксеновас .

Крымалъул киналго къуватал структурабиги цохIо жиндие мукIулъизе кколин буюрухъ тIубаларез хъулухъ тейиланги лъазабун буго гьес. Крымалдасан россиялъул информация тIибитIизабулел алатаз кьолеб буго Сергей Аксеновасул гьеб лъазаби.

«Дица , автономияб республика Крымалъул министерзабазул шураялъул нухмалъулес гIадин тIуразарулел руго дие кьун ругел ресал. Киналниги къуватал структураби цохIо дие мукIурал рукIине ккола.

Командираз тIуразаризе ккола цохIо дир буюрухъал гьелда. ТIад рекъоларез хъулухъ тезе ккела», ян лъазабулеб буго Сергей Аксеновас.

Лъалеб бугохъин щамат къоялъ Крымалда гIуцIун буго жамгIияб паракъалъи цIуниялъул хасал бутIаби.

Бихизабураб «Беркут» къоялде гьоркьоре унел рукIарал хъулухъчагIиги гьоркьоре рачун.
Киевалда гъалмагъирал гьарулел нахъе гъолел рукIана беркуталъ.ЦIарги тIун буго гьеб къокъаялда цебего букIараб «Беркутин» абун.

Дагьав цеве Россиялъул президент Владимир Путинидехун кIалъан вуго Украинаялъул заманалъулав президент Александр Турчинов.

Гьадинги лъикIаб гьечIеб ахIвал хIал Киевалда хIалуцинабуге ян ва провокациялги жалго тун кIалъаралъаязде руссаян.

Жидерго миллаталде гьабураб телекаламалда Александр Турчиновас абун буго Россиялъ байбихьун бугин украинаялъул халкъалдехун рагьараб агрессия.

«Гьез аскарал лъун руго Крымалда ,гьеб гуребги нухмалъулезул минаби ккун руго, гражданазул бакIал, коммуникациял колел руго,украинаялъул аскарал ругеб бакIазда блокал лъезе хIал бихьулеб буго.

Гьез нилъ рагъулаб конфликталде цIазе хIаракат бахъулеб буго», - ян лъазабун буго Украинаялъул заманалъул президент Александр Турчиновас.

Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъ гьабун буго лъазаби.
Гьелда Киев ахIулеб буго гьадингоги хIалуцараб ахIвал хIал захIматаб бакIалде ккезабичIого тезе.

Араб сордоялъ Крымалда жанисел ишазул министерлъиялъул мина кквезе щалали лъаларел яргъид гIуцIараз гьабураб хIалбихьиги Киевалдасан гIуцIараб провокация кколин абулеб буго россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъул лъазабиялда.

Провокация нахъ чIвазе кIванин Крымалъул жалго цIунулезул аскаразул къуваталдалъунин хъвалеб буго лъазабиялда.

Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъул лъазабиялда ахIулел руго гьединал буюрухъал кьолел, сабру гьабун чIезе. Россиялъул Крымалда бугеб Генералиб Консульствоялъ байбихьун буго хасаб къокъа «Беркуталъе»
Симферополалда хехаб къагIидаялъ Россиялъул паспортал кьезе.

Гьеб хабар уяб бугин лъазабун буго Россиялъул дипломатияб идараялдасан.

Гьединго нахъ чIвалеб гьечIо хадуб ккун украинаялъул цогидал гражданазеги россиялъул паспортал кьезе бегьиги. Крымалда лъугьунеб бахъунелъе жиде жидер къимат кьолеб буго Россиялъул рахъалъги, Украинаялъул рахъалъги, Европаялъ, Цолъарал Штатаз ва цогидалги улкабаз.

Мисалалъе Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаца лъазабулеб буго Москваялъ кIудияб къудияб багьа кьелин аскIоб бугеб улкаялде рагъулаб тIадекIанцIи гьабуни –абун.

Украинаялъул премьер министр Арсений Яценюкица лъазабулеб буго Крымалда Россиялъул аскариязул хIалтIи буссараб бугин гьениб туризмалъул заман хвезабиялде –абун.

Гьенире Россиялдасан яги Белоруссиялдасан, яги Европаялдасан щивниги вачIунгутIизе ва Крымалъул халкъ хIалтIи гьечIого тезе. Бажарараб щинаб гьабизе буго Россиялъ.

Арсений Яценюкил рагIабазда рекъон Сочи олимпиадаялде хIадур гьабулаго Россиялъ хвезабун буго 48 миллиард доллар ва туристал Сочиялде рачинелъун Россиялъ кинабго гьабизе буго.

Абхазиялдаго гIадин Крымалдаги курорт хвезабизе къваригIун буго Россиялъе. Анлъго соналъ Абхазиялдеги щивниги инчIин хIухь бахъи гьабизе ян ракIалде щвезабулеб буго Арсений Яценюкица.

Россиялъул президентасул рахъалдасан яги гьесул прессхъулухъалъул рахъалдасан гьел лъазабиязда бан жеги щибниги абун гьечIо.

Европаялъул шураялъул хIинкъи гьечIолъи цIуниялда тIасан комитеталъул официалияб гуреб данделъиялда россиялъул цевехъан Виталлий Чуркиница лъазабулеб буго Россиялъ Крымалда гьарулел ишал чIегIер ралъдал флот гьениб букIиналда тIасан гьабураб къотIиялъул гIурхъулъ гьарулел ишал кколин.

Украинаялда кризис лъугIизабизелъун Виталлий Чуркиница ахIулел руго 21 февралалда хъвараб къотIиялъухъ цоги нухалъ балагьизе ва гьеб тIубазабизе.
XS
SM
MD
LG