Ссылки для упрощенного доступа

Шималияб Кореялъ 4 ракета биччан буго


Жанубияб Кореялъул тIадтараз лъазабуна Шималияб Кореялъул ралъдал рагIаллъиялдаса ункъго ракета биччан бугин. Шималияб Кореялъ хIалбихьи хIисабалда зама-заманалъ ракетаби риччалел руго къокъаб манзилалде.

Гьаб нухалъ гьеб букIанин 200 километралъул манзилалде гIунтIизе кIолел ракетаби, ян лъазабулеб буго Associated Press агентлъиялъ Жанубияб Кореялъул улка цIуниялъул министерлъиялъул вакиласул баяналда мугъ чIвай гьабун.
XS
SM
MD
LG