Дагъистаналъул Лаваша мухъалда лагълъуда хIалтIулев ватун, гьал къоязда эркен гьавурав Подмосковьеялдаса чи рокъоса аралдаса ункъо сон балеб букIун буго исана. 2010 соналдаса нахъе валагьулев вукIун вуго гьев гIагараз.
Гьев эркен гьавураб «Альтернатива» абураб къукъаялъ, гьеб къукъаялъул чанго сон буго дагъистаналда лагълъуда хIалтIизе тIамулел ратарал гIадамал эркен гьаризелъун хIалтIи гьабулелдаса.
Гьал къоязда гьез эркен гьавурав чи ватун вуго Лаваша Мухъалъул Мекеги росулъ бугеб гамачI бекулеб карьералда хIалтIизе тIамун.
Лагълъудаса эркен гьавурав чи живго дагъистаналдаса, лъарагI миллаталъул чи вукIаниги гьев киданиги гIумру гьабун гьенив вукIун гьечIо, гьесул гIага-божарал рагIула Чачаназул республикаялда, живго гьев гIумру гьабун Москваялад аскIоб бугеб шагьаралда вукIун вуго хъизангун.
Гьединаб баян кьуна гьев хавасар гьавурав ИсмагIилов Закирица. Гьев ккола «Альтернатива» къукъаялъул Дагъистаналда вугев вакил «Эркенлъи» радиоялъе гьес чанго моцIалъ цебеккунги бицун букIана Дагъистаналъул кирпич къотIулел заводалдаса гIадамал эркен гьариялъул.
Гьал къоязда Фейсбук сайталда гьес хъвана тIокIаб чIечIого гIарац гьаризе кколеб букIиналъги ва гьелда рачIел цогидал гIиллабаздаги бан жидеца чIезе тун букIанин Дагъистаналда жидерго хIаракатчилъи, амма гьал къоязда жидеца цоги чи лагълъудаса эркен гьавунилан.
Гьеб букIана Мекеги гамачI бекулеб бакIалда хIалтIизе тIамун ватарав Москваялда чиясул хIакъалъулъ баян. Гьев чиясул цIар рехсолеб гьечIо гьениб.
Амма гьев чи жиндица хIал гьабун хIалтIизе тIамун вукIинчIилан абулеб буго информ алатазе кьураб баяналда Мекеги бугеб гамачI бекулеб карьералъул хважаин ГIабдулхаликъица.
Жинда гьев лъалелдаса лзабабго сон бугин. Амма гьеб лъабабго соналъ къо камичIого жиндир гьенив хIалтIулевги вукIинчIин гьев. Цо чанго моцIалъ жиндир гьанивги хIалтIун зама-заманалдаса гьев Ставрополалде унаанин жиндиего бетIербахъиялъе хIалтIи балагьизе.
Заманалъ гьанив гIумру гьабун вугев чи хIисабалда гьесие документалги гьарун рукIанин. Жиндица гьединго телефонги босун букIанин, гIагаразухе кIалъайиланги абун букIанин жиндица гьесда, амма гьев кIалъачIин гьелъие гIилла жинда
лъаларилан.
Гьебго пикру гIахьал гьабулеб буго Каспийскалдаса Исрапилов Бадрудиница. Гьесул гьалмагъасул эмен ккола Каспийскалда ругел кирпич къотIулел заводазул цоялъул хважаин.
Бадрудинида лъалеб буго гьенир Россиялъул батIи-батIиял шагьаразадса рачIарал гIадамал хIалтIуле рукIин. Амма хIал гьабун гьел хIалтIизе тIамун ругилан абураб жоялъул рахъкколеб гьечIо гьес, щайгурлъул россиялдаса рахъарал гьанире щвезегIан рачIарал гьезул гIемерисел рукIунин гьекъолдухъаби ялъуни щвараб щварабги гьабун рукIунел гIадамал.
Бокьараб мухь щолеб хIалтIи гьабизе разилъарал гьел разилъулин кирпич къотIулел заводалда хIалтIизе.
Исрапилов Бадрудин: «Жал лъагълъуда хIалтIизе тIамунилан абулеб гьезул гьерсазда дун божуларо битIараб бицани. ТIоцебесеб иргаялда хIал гьабун гьел хIалтIизе лъицаниги тIамизе гьечIо, гьесие жиндего бокьичIони. Гьесие жиндего бокьунлъидал гьев хIалтIизе вачIунги вугев.
Гьесухъа паспорт нахъе босун анигицин гьесул ихтияр буго бокьараб полициялъул бутIаялдеги ун жиндего заманаялъ паспорт тIалаб гьабизе. Щайгурелъул Дагъистаналда вугониги гьев вуго Россиялъул ракьалда.
Дида цIакъ лъикI лъала гьесие цо кирпич къотIун кIиго ва щуго гъурущ кьолеблъи, гьединлъидал гьел маргьаби гIисинлъималазе рицеян абе. Гьесие бокьичIого гьесда тIад зулму лъицаниги гьабизе гьечIо».
2013 соналъ гIемерав чи лагълъудаса эркен гьавун вуго Закирил «Альтернатива» къукъаялъ. Нижеца гьесда гьикъун букIана гьел тадбираздаса хадуб кинаб букIаниги хиса-баси лъугьанищин Дагъистаналъул кирпич къотIулел заводазда, лагъзадерил къадар дагьлъичIищан.
ДагьлъичIин гьел дагьалги цIикIкIунел ругилан абулеб буго Закирица. Кинавниги жакъа къоялъ лъагIан Закирил «Альтернатива» групааялъ эркен гьавун вуго 120 лагъ. Амма лагълъуда гьабсагIат ругезул чIванкъотIараб баян лъалеб гьечIо гьесда.