Украиналъул президент Виктор Януковичица лъазабуна заман щвелелдего улкаялъул бетIерасул рищиял тIоритIизе рукIиналъул хIакъалъулъ. Гьес гьединго загьир гьабуна парламенталъул республикаялъул къагIида бихьизабураб 2004 соналъул Конституциялде нахъ руссине бугеб хиялалъул хIакъалъулъ. Президентас гьединго партиябиги фракциябиги ахIана «миллияб божилъиялъул хIукумат» гIуцIизе байбихьиялде.
Кидал тIоритIизе ругелали президентасул рищиял лъазабулеб гьечIо. Щибниги абулеб гьечIо гьединго ТIадегIанаб Радаялде заман щвелелдего тIоритIизе бегьулел рищиязул хIакъалъулъги.
Януковичил лъазаби букIине бегьула араб сардикь Германиялъул, Франциялъул ва Польшаялъул къватIисел ишазул министразул гIахьаллъигун оппозициялъул лидерал Виталий Кличкогун, Арсений Яценюкгун ва Олег Тягнибокгун рукIарал кIалъа-басаязул хIассил.