Ссылки для упрощенного доступа

Киевалда эркен гьабуна тахшагьаралъул мэрия


Киев, 16Фев2014
Киев, 16Фев2014
Киевалдае гьатIан къоялда Евромайданалъул активистаз эркен гьабуна тахшагьаралъул администрациялъул мина. Лъазабиязда рекъон, мэриялъул киналго хIалтIухъаби итни къоялдаса байбихьун хIалтIуде рахъине руго. Гьединго активистаз тун буго Украиналъул ункъго мухъалъул администрациязул минабиги гьел ккола: Львовская, Ивано-Франковская, Тернопольская ва Полтавская.
Киевалда Грушевского къотIноб биххизабун буго баррикадабазул цо бутIа ва рес кьун буго гьенисан автомашинаби хьвадизе. «Батькивщина» партиялъул рахъалдасан парламенталъул депутат Арсен Аваковас лъазабуна амнистиялъул къануналда сверун киналго формалиял шартIал тIуразарун ругин. Гьес жеги абуна Майданалъул Шураялъ тIалаб гьабулеб бугин гьеб къанун хехгьабун къуваталде лъугьинабейин.
«Украинская правда» газеталъ лъазабухъе, бицен гьабулеб буго протесталъул акциячагIазда тIад рагьараб кIиазаргогIан такъсир гьабиялъул иш къаялъул ва цебе тамихI гьабурав 236 чиясе амнистия гьабиялъул. Гьаб сагIаталда гьел руго рокъосел шартIазда жанир тIамун.
17 февралалда рагIалде бахъуна къануналъ амнистиялъе, административиял минаби эркен гьариялъе ва транспорталъе нухал рагьиялъе бихьизабураб болжал.
XS
SM
MD
LG