Британиялъ ва Франциялъ гьабулеб буго Сириялъул нухмалъиялда Женеваялда тIобитIулеб букIараб ва шамат къоялда рагIалде бахъараб Сириялъул конфликт рагIалде бахъинабиялда сверун ракълилаб диалогалъ хIасил кьечIолъиялъул гIайиб.
Франциялъул къватIисел ишазул министр Лоран Фабиусица лъазабуна президент Башар Асадил режималъ кIварабжинаб гьабунин гьел кIалъа-ралъаязул прогресс букIинаредухъинин.
Женеваялда жидер кумекалдалъун гьел консультациял байбихьунго рукIарал Москвагун Вашингтоналъ гьеб суалалда тIасан жидерго официалияб пикру жеги лъазабичIо. Жиндир гьоркьохъанлъиялда гьел кIалъа-ралъаял унел рукIарав Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул ва ГIарабазул улкабазул Лигаялъул рахъалъан хасав вакил Лахдар Брахимица сириялъул халкъалда тIасалъугьин гьарана гьеб данделъиялъул хIасил ккечIолъиялда бан. Брахимил рагIабазда рекъон, цоги данделъиялъул къо жеги чIезабун гьечIо.
Гьел рукIана 2011 соналда Сириялда конфликт байбихьаралдаса нахъе рахъазда гьоркьор тIоритIулел рукIарал тIоцересел кIалъа-ралъаял.