Ссылки для упрощенного доступа

Студентасе рес буго армиялде инчIого рагъулаб билет щвезе


Студентазе рагъулаб хIадурлъи букIинабиялъул цIияб къагIидаялда тIад хIалтIи байбихьизе руго исана Россиялда. Армиялдеги инчIого рагъулаб ишалъе ругьунлъизе бокьарал студентазе кьезе руго дарсал ва ахIизе руго лъабго моцIалъул рагъулал ругьунлъиязде. Гьезие кьезе буго солдатасул яги хIалхьиялда вугев сержантасул рагъулаб билетги. Гьединаб лъазаби гьабуна итни къоялда Россиялъул улка цIуниялъул министр хисулес.

Альтернативияб куцалда рагъулаб хъулухъ тIубазабизе бокьарал гIолилазе рагъулаб билет щвезе рес кьолеб программа гIумруялде бахъине буго 2015 соналъул сентябралдаса байбихьун. Гьедин тIадегIанал цIалул идарабазда цIалулел студантазе рес буго университеталда цIалулебган заманалда жаниб рагъула билетги гьединго рагъулаб чин сержанатасул цIар щвезеги. Итни къоялъ гьединаб лъазаби къватIибе кьуна Улка цIуниялъул министр хисулев Панков Николайица.

Гьеб прграммаялзул тIоцебсеб хIалбихьялъулаб къагIидаялде байбихьизе рагIула 20I4 соналдаго, гьабсагIат улкаялъул цIалул идарабазда ругел рагъулал кафедрабазда тIоритIизе рагIула рагъулал ругьунлъаби. 2015 соналдасан байбихьун сержантал куцаялъул программаги хIалтIизабизе бугилан абуна министр хисулес.

Жакъа россиялъул тIадегIанал цIалул идарабазда рагъулал кафедраби дагь гьарун рукIиналда бан киналго студентазул рес рагIуларо цIалулеб заманалда жаниб рагъулал билетал щвезе. ЦIияб программаялъ рес кьезехъин буго студентазе рагъулаб билет армиялда рагъулаб хъулухъ тIубазе инчIого цIалул идарабазда ялъуни гьел гIумру гьабун ругеб шагьаралда бугеб рагъулаб часталда, ялъуни улка цIуниялъул министерлъиялъул рагъулал ругьунлъаби тIоритIулел центразда кIиго лъабго моцIги бан гьенибго щвезе.

Альтернативияб хъулухъин абула батIи-батIиял гIиллабазда бан рагъулаб хъулухъ тIубазе инчIого хутIарав чияс хIукуматалъул батIи-батIиял идарабазда кIиго соналъул болжазда хъулухъ гьабиялде. Гьел рукIине бегьула магIишаталъул бутIаби, почалъул идараби ва гь.ц.

Дагъистаналда альетернативияб хъулухъ киданиги ссиялда букIинчIилан бицана «Эркенлъиялъе» республикаялъул ЖамгIияб Палатаялъул вакил Хадулаев Шамилица. Гьев гьединго ккола Афгъанистаналда хъулухъ гьабулел рукIарал дагъистаниязул жамгIияб шураялъул вакилги.

Рагъулаб хъулухъ тIубазабизе щвараб ресалдаса дагъистанияз киданиги инкар гьабулеб букIинчIин, гьеб гьезие букIанин къадруяб куцалда ватIаналда цебе тIадаб борч тIубазаби гуребги, гIагараб ракь тун къватIибехунисеб гIумру кинаб букIунебали лъазе бугеб гъираги.
Амма ахираб заманалда гIемерлъана дагъистаниял рагъулаб хъулухъ тIубазе ахIизе инкар гьабиялъул хIужаби. Хадулаевас бицухъе советияб заманалда армиялде ахIулел дагъистаниязул къадар бащалъулеб букIун буго 20 азаргониги чиясда гьанжейин абуни гьеб тарих азаргоялдаса тIаде унеб гьечIо.

Гьанже альтернативияб куцалда рагъулаб хъулухъ тIубазабулел чагIазе рагъулаб билет щвезе рес кьолеб программаялъулги хас гьабун дагъистаниясе гьелъул бугеб лъикIаб рахъ бихьулеб гьечIо Шамилида. Дагъистаниял гьадинги рагъулаб хъулухъ тIубазабизе бугеб ресалдаса махIрум гьарурал гIечIого, гьезие кьолеб бугин щибниги рагъулаб хъулухъалъул хIакъикъат лъаларев чиясе кьолеб документ. ГIицIго документ. Амма къуваталъул идарабазда ва гьеда релълъарал хIукуматалъул идарабазд хIалтIи гьеси щвей цIакъ щакаб букIине бугилан абулеб буго Шамилица.

Хадулаев Шамиль: «Гьелда рекъон дагъистаналдаса чиясда щибниги рагъулаб хъулухъ тIубазабиялъул хIакъалъулъ гьесда лъалеб жо дагьаб букине буго, щай гурелъул дида лъалеб бакIалдаса гIебеде альтеранативияб хъулухъ тIубазабулев чи вукIуна дова цо кинаб букIаниги азарханаялда, гIадамал кваназе унеб бакIалда, ва гьелда релълъарал цогилалги бакIазда хъулухъ гьабулев. Амма сах саламатав чияс ракIбацIцIадго тIасабищулеб хъулухъ гуроха гьеб. Гьединал бакIазда хъулухъги тIубан гьев чиясе щола рагъулаб билет, амма рагъулаб гIелмуялъул ва армиялда букIунеб гIумруялъул гьесда лъалеб жо щибниги букIунаро».

Альтернативияб къагIидаялъ рагъулаб хъулухъ тIубай чара гьечIого щивав гIолиласда тIадаб ишлъун гьабизе кколилан абураб пикру загьар гьабун букIана араб соналъул хасалихъе Пачалихъияб Думаялда магIишаталъул рахъалъ комитеталъул нухмалъулев Гутенев Владимрица. Гьесул пикруялда рекъон гьелъул хIажалъи буго амриялда хъулухъ тIубазе арал гIолилалги инчIелги ращад гьариялъул мисал. Щайгурелъул сахлъи лъикIаб гьечIолъиялъул багьанаги батун армиялда хъулухъ гьабиялдаса инкар гьабурал гIадамал хIакъикъаталда гьелдаса лъутанхъулел гIадамал кколилан абулеб буго депутатас. Жинда гIемерал лъалин гьединал лъай-хъваяздалъун ва ришват кьун жидерго лъимал рагъула хъулахъ тIубазе ритIиялдаса рахчулел улбул.

Амма «Солдатазул улбул абураб гIуцIиялъул вакил Мельникова Валентина дандечIун йиго гьеб пикруялда. Альтерантивияб хъулухъалъул рагъулаб хуълухъалдаса батIияб жо щибниги гьечIин, сахлъи лъикIаб гьечIолъиялда бан армиялдаса тархъан гьарурал гIолилаз альтернтивияб хъулухъ кинин тIубазабизе бугебан гьикъулеб буго гьелъ. Гьеб гуребги альтеранативияб хъулухъ рикIкIунеб жо кколарин жакъа Россиялда ахирал 10 соналда жаниб гьединаб хъулухъ тIубазабизе бокьарал гIадамал 7 азарго гурони гечIин, хIакъикъияб куцалъ армиялдаса лъутанхъулел гIолилазул къадарин абуни 250 азарго чисде бахун бугин.

Гьединго тIадехун бицен гьабурав Гутеневас борхулеб буго улкаялъул тIадегIанал цIалул идарабазда рагъулал кафедраби рагьизе ккеялъул суалги. Гьесул рагIабазда рекъон жакъа Росиялъул 62 тIадегIанаб цIалул идараялъе бокьун буго жидерго гьениб гьединаб кафедра букIине. Улка цIуниялъул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ кьураб баяналда рекъон гьеб суал гьоркьоб лъун гьечIо жеги, гьелде тIад руссине рес буго президентас гьелъул хал гьабун хадуб.

ТIадегIанал цIалул идарабазда рагъулал кафедарабазул къадар дагь гьабуна 2008 соналъ россиялъул армиялда жанир реформаби гьаризе байбихьидал. Гьел къаялъе аслияб гIиллалъун ккун буго гьел квафедрабаз къватIире риччалел офицерзабазул махщалил даража цIакъго гIодобегIанаб бати.
XS
SM
MD
LG