Ссылки для упрощенного доступа

Америкалъул агентлъиялъ хал кквей халат бахъине буго


Цолъарал Штатазул хIинкъи гьечIолъи цIунулеб Миллияб агентлъиялъ хал кквей гьабулеб буго улкаялда телефониял гара-чIвариязул 30 проценталда хадуб.

Гьеб къадар цебе бицаралдаса чанги нухалъ дагьаблъун бугин, лъазабуна рузман къоялъ The Washington Pos-алъ ва The Wall Street Journal-алъ Америкалъул тIалъиялъул цо-цо вакилзабазул баяназда мугъ чIвай гьабун.

Гьел информалатаз лъазабухъе рехсараб Агентлъиялъе бокьилаан хал кквей жеги жигараб къагIидаялда халат бахъинабизе терроризмалде дандечIей лъикIалан гьаби мурадалда.
XS
SM
MD
LG