Ссылки для упрощенного доступа

Гагаузиялда тIобитIулеб буго референдум


ГьатIан къоялда Молдавиялъул автономияб субъект – Гагаузиялда тIобитIулеб референдумалъ баянлъизабизе ккола регионалъул геополитикияб ориентациялъул хIакъикъат.

Лъураб суалалъе жаваб кьолаго гагаузалъулаз бихьизабизе кколеб буго Молдавия Евроцолъиялде гIагарлъиялде яги Россиялъ нухмалъулеб Таможения цолъиялда Модавия гIахьаллъиялде бугеб жидерго бербалагьи.

Гагаузиялда гIумру гьабун буго 150 азарго чияс. Гьезда гъорлъан гагаузазул буго 80 процент. Гьел ккола тюрк мацIалъул православиял христианал.

Гагаузаз ракI чIун ориентир босулеб буго Россиялдехун.

Регионалъул гIемерисел гIадамазул хIинкъи буго Молдавиялъул европаялдехун буссараб хIаракатчилъиялъул аслияб мурад Румыниягун цолъи букIине бегьиялъул. Кишиневалда абулеб буго гагаузиялъул референдум легитимияб гьечIин, гьеб пачалихъалъул къануназде данде кколарин.
XS
SM
MD
LG