Ссылки для упрощенного доступа

НАТОялъул конференциялда ракI чIараб консенсус загьирлъулеб гьечIо


Мюнхеналда унеб хIинкъигьечIолъиялъул конференциялда НАТОялъул генералияв секретарь Андерс Фог Расмуссеница ва россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас Украиналда бугеб ахIвал-хIалалда ва ПРО, ай ракетабаздед дандечIеялъул системабазда хурхун бихьизабуна рахъазул пикру дандеккнгутIи.

Санайилаб форумалда кIалъалаго Расмуссеница лъазабуна, Украина жинидирго букIинесеб бищиялъул суалалда букIине кколин эркенабин. Лавровас европаялъул политикал какана улкаялда ахIвал-хIал хIалацинабиялъе квербакъи гьабулеб бугинги абун. Гьес абуна «Украиналда протестал рагъаризари данде кколарин демократиялъул принципаздейин.»

НАТОялъулгун Россиялъул гьорркьорлъабазда хъван, Расмуссеница абуна, рахъаз гьоркьорлъабазул потенциал щвалде щун хIалтIизабулеб бугин. Заман щун бугин ПРОялъул рахъалдаса гьоркьорлъаби гIуцIизеян.

Россиялъул къватIисел ишазул идараялъул бетIерас лъазабуна европаялъул континенталдада хIинкьечIолъиялъул сфераялда божилъиялъул бугеб дефициталъул хIакъалъулъ.
XS
SM
MD
LG