Ссылки для упрощенного доступа

МАГАТЭялъ рикIкIунеб буго Тегераналъулгун диалог халат бихъанабизе кколин


МАГАТЭялъул бетIер Юкия Амано
МАГАТЭялъул бетIер Юкия Амано
Ираналъул ядерияб программаялда сверун гъоркьиса соналъул ахиралда гьарурал къотIи-къаял ракIалде росун, заман щун буго гьеб проблемаялда хурхарал дагьалъги кIвар кIудиял суалазде руссине. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна Халкъазда гьоркьосеб атомияб энергиялъул агентлъиялъул бетIер Юкия Аманоца.

France-Presse агентлъиялъе интервью кьолаго гьес лъазабуна, МАГАТЭялъ гIагарисеб заманалда борхизабизе кколарин гьеб программаялъул рагъулаб бутIаялда хурхун суалин.

24 ноябралда Женеваялда тIобитIараб конференциялда цо рахъалъан Ираналъ, цогидаб рахъалдаса Британиялъ, Китаялъ, Франциялъ, Германиялъ ва Россиялъ гьабураб къотIи къаялда рекъон, халкъазда гьоркьосел санкциязул цо бутIа нахъе бахъиялъухъ Тегеран разилъана жиндирго ядерияб программаялъул цо-цо аспектаздаса инкар гьабизе ва гьеб программаялде хурхен бугел цо-цо объектазде халкъаздагьоркьосел инспекторал риччазе.
XS
SM
MD
LG