«Черновик» газеталъул вакил МухIамад МухIамадовас Фейсбукалда бугеб жиндирго блогалда хъвалеб буго терроралъул такъсиразул ва криминалалъул хIакъалъулъ журналистазда бицине гьукъун бугин низам цIунулел идарабазул пресс-хъулухъазеги.
«Мисалалъе босани, кIудияб теракт ккани, гьелъул хIакъалъулъ лъазаби кьезе буго информациялъул алатаз. Амма полициялъул хIалтIухъаби чIваялъул яги хасал операциязул хIакъалъулъ информагентствобаз бицине гьечIо», - ян хъвалеб буго МухIамадовас.
Гьесул рагIаби уяллъун рукIин бичIулеб буго цо-цо информалатазул сайталда раккараб мехалда. Мисалалъе, Россиялъул бищун кIудияб «РИА Новости» информагентствоялъ хъван гьечIо шамат къоялда МахIачхъалаялда хасаб операция тIобитIанин ва гьатIан къоялда Бабаюрт мухъалда кьвагьдеязда гъоркь ккарал нухалъул полициялъул хIалтIухъаби лъукъанин.
Жиндир цIар тIатинабизе бокьинчIев федералияб информалаталъул Дагъистаналда вугев мухбирас абуна «Эркенлъи» радиоялъе жинда лъаларин федералияб централъ кьун бугебищ яги гьечIебищ гьединаб буюрухъ, амма жинца республикаялдаса ритIулел терроралъул такъсиразда хъинтIарал цIиял харбал жив хIалтIулеб агентствоялъ сайталда лъолел гьечIин. Гьес гьединго тIаде жубана Олимпиадагун Параолимпиада лъугIинегIан раккине гьечIин информагентствобазда терроралъул такъсиразул хIакъалъулъ цIиял харбал.
«Новое дело» газеталъул бетIерав редактор ХIажимурад СагIитовас абуна «Эркенлъи» радиоялъе гьереси бицине тIами Россиялъул хIукуматалъул кидаго букIараб информполитика бугин.
ХIажимурад СагIитов: «Бугеб жо бугеб хIалалъ бицине бичалеб гьечIони, гьеб гьересияб иш кколеб бугоха. ЗахIматал суалал тIуразе хIаракат бахъулеб гьечIо хIукуматалъ, амма гьел рахчулел руго. Гьединал ишал гIемер рукIунаан нилъер хIакимазул. Мисалалъе, гьаниве Москваялдаса цо пуланав кIудияв хIаким пуланаб шагьаралда вачIунев мехалда нилъеда лъала бакIалъул хIакимаз цо пардав гIадаб жо бала шагьаразда. Россиялъул хIукуматалъул информполитикаги дида гьединаб пардавлъун бихьула».
Изну гьечIого яргъид гIуцIаразе къваригIуна резонанс, гьезие бокьула жидер такъсиразул хакъалъулъ гIемер гIадамазда рагIизе, гьелдалъун гьел такъсиразул бицине гьукъи битIараб политикалъун буго бихьулеб цо-цо журналистазда.
СагIитовас рикIкIунеб буго гьединаб информполитика битIараблъун рикIкIине бегьулин гьебгун цадахъ терроралде данде къеркьеялъулъ цогидал механизмалги хIалтIизарулел рукIани.
Экспертас гьединго тIаде жубана, ахирисеб заманалда Дагъистаналда цогидал пачалихъаздаса гIемер журналистал рачIунел ругин ва Россиялъул информалатаз республикаялда бугеб ахIвал-хIалалъул бицичIони, цогидал улкабазул агентствояз бицинин. «Амма цогидал улкабаз Дагъистаналъул масъалаби тIуразе гьечIо. Россиялъ гьел масъалаби тIураладай гьезул бицинецин гьукъулеб мехалда», - илан абуна ахиралда СагIитовас.