Араб соналъул ноябралда Сербиялдаса Россиялде экстрадиция гьабурав националист Илья Горячевас хIалбихьун буго живго чIвазе. Гьесул адвокат Марк Фейгиница «Твиттералда» хъвахъе, «Бутыркаялъул» СИЗОялда Шималияб Кавказалъул кьалбал ругез хIинкъиял кьун хадуб, гьес жиндирго бидурихьал къотIун руго. Гьелда хадув гьев нахъ тIамичIого щвезавун вуго цогидаб камераялде.
Миллатчиясул адвокатас лъазабулеб буго, жинца низам цIунулел идароабазде гIарза хъвазе бугин лъагьа-бахъаралда хурхунин.
ЦIех-рехалъул идараялъул версиялда рекъон, Горячевасул хурхен буго чанго чи чIваялде, гьездаго гъорлъ адвокат Станислав Маркеловасул ва журналист Анастасия Бабуровалъул хвелалде.