Талат къоялъ Москваялда адвокат Мусаев Мурадил рокъоб чIухь бан буго цIех-рехчагIаз. Гьелго хасал тадбирал тIоритIун руго адвокатасул гIагарлъиялъул дораги.
Мурадил кIудияв вац МухIамадил рокъоб чIухь балаго гьениб травматикияб таманча батун буго низамцIунулезда.
Гьебги хIалае ккун Мусаев МухIамад ккун вуго къуваталъул идарабаз. Живго адвокат Мусаев гьеб къоялъ Москваялда вукIун гьечIо, жив хIалтIул рахъалъ Самараялда вугин, вуссарабго жиндица низамцIунулез гьарурал тадбиразда тIасан диваналда гIарза хъвазе бугин лъазабулеб буго Мурадица.
Полковник Буданов чIваялъул гIайиб гIунтIизабурав Юсуп Темирханов цIунулаго гьабаразде тIадецуй гьабиялъул, нугIзал ричун росиялъул гIайибги гIунтIизабун 2013 соналъул ноябралъ адвокат Мурад Мусаевасда тIад такъсиргьабиялъул иш гьабуна.
Гьесде гIунтIизарулел ругел гIайибал тIад чIезариялъе далилал ралагьизе банин чIухьилан лъазабулеб буго Россиялъул цIех-рехалъул идараялъул вакилзабаз.
Адвокат Мусаев Мурадица жиндирго хIалтIудалъун гIемераб рахIахвей гьабулеб бугин россиялъул цIех-рехалъул ва диваналъул системаялъейин, гьезул хашал рахъал къватIир чIвазарунин гьес, гьединлъидал щиб гьабунги Мурад кверде восизе хIинкъизавизе къваригIун вугин гьезиейилан рикIкIунеб буго Москваялда вугев адвокат Ибрагьимов Анзорица.
Ибрагьимов Анзор: «Москваялла ругел кавкаалдаса адвокатаз рачунел ишазул цо процент гурони бергьунаро.
ГIадамазда кьучI гьечIел гIайибал чIваялъулги, цIех-рехалъул идарабазул хIалтIул бицунагоги абизе ккола гьеб пачалихъияб системаялъ адвокат статистлъун вукIине тIамулев вуго.
Жакъа нилъер адвокатазул цIакъго дагьал гурони ихтиярал гьечIо, ругелги, хIалтIизаризе рес кьолеб гьечIо.
Гьеб буго Давидилги Голиафилги гIадаб, ай ращадал гурел къуватазул дандечIей. Сундалъун гьеб лъугIилебалиги лъаларо дида. Жакъа нижер коллега Мурад Мусаевасул иш гьеб цохIо гьесда хъвараб жо кколаро, гьелъ бихьизабулеб буго жакъасеб россиялъул адвокатураялъул гьумер.
Мурад тамихIалде цIазе тани, ниж къураб бакIалде ккола. Жакъа россиялъул цIех-рехчагIаз адвокатал ва гьес цIунун вугесул ихтиярал хвезарулел руго, адвокат хIалтIизе толев гьечIо.
Гьезул гьеб къагIида сверизабуна Мусаев Мурадица, гьес кIанцIизе бакI тIагIинабуна гьел цIех-рехчалъул системаялъул вакилзабазул.
Гьезда ккун букIун батила Мурадида тIад иш гьаби бокьараб мехалда гьев кквезе бугеб кIичIлъун букIине бугилан. Амма гьез гьабулеб иш релълъуна бацIин гIундул кквеялда.
Гьел щиб гьабилебали лъаларого хутIун руго, гьезда бичIчIулеб буго бацI биччачIони хIасилал цIакъго квешал рукIине бегьулеблъи».
Гьединго Москваялда хIалтIулев вугев цойги адвокат Горчханов Аюбил пикруялда рекъон Мурад туснахъ гьавиялда хIинкъизе кколаро, щай гурелъул цIех-рехчагIазда гьесул хIалтIулъ квер базе бакI батуларо. Щай гурелъул гьев къануналда рекъон хIалтIулелъул.
Горчханов Аюб: «Щаклъи гьечIо гьесда тIад ишги гьабун гьев кверде восизе хIаракат бахъулеб букIиналда. БичIчIулеб буго Мурад къануналда тIасан галиги чIун хIалтIизегIан гIантав яги лъайгьечIев чи гуреблъи. ЦIех-рехалъул хIалтIи релълъуна 1937 соназда букIараб ахIвал-хIалалда.
Нижер хIалтIул кинабгIаги хIасил букIунаринги абиларо дица, амма чара гьечIого цIех-рехчагIазе къваригIараб хIалалъ тIубазе кколеб суад бугони, диваналъ гьезие бокьараб хIукму къотIула.
Мурад туснахъ гьавилинги кколаро дида, гьесда тIад гIайи чIезабун бажарулел баян ва далилал гьечIо. Мурадица кинабго хIалтIи къануналда рекъон гьабулеб букIана, гьединлъидал рахIатхвеялъе гIиллаби рихьуларо дида».
Адвокат Мусаевасул рахъ ккун къватIире рахъине хIадурал гIемер гIадамал ругин абулеб буго гьесул сверухълъиялъ, интернеталда ругел хъвай-хъвагIаязги нугIлъи гьабула гьелъие.
Ккани митингалги, цойгидал акциялги гьарилилан лъазабулеб буго гьез. Гъоркьисала декабралда МахIачхъалаялда гьединаб митинг тIобитIунги букIана.