Ришватчилъи, «балъгояб» бизнес, тухумчилъи – республикаялда бугеб экономикаялъе къимат кьуна Меламедовас интервьюялда.
Кланазул тIалабалги гьудуллъиялъул бухьеналги журарал жолъун ккола Дагъистаналъул экономика илан, рикIкIунеб буго Меламедовас.
Мисаллъун гьес бачунеб буго Сулейман Керимовасул гIарцудалъун бараб цIер гьабулеб завод. «Дагагрокомплексалъул» хважаин ИсхIакъ Умалатовас Хасавюрталда консервазул завод цIигьабун буго.
Гьеб заводалъе чара гьечIого къваригIун букIун буго цIорол тара. Умалатовасда ракIалде ккун буго Дагогни шагьаралда бугеб цIер къотIулеб заводги цIигьабизе, амма гьелъие гIарац гIун гьечIо гьесул.
Керимовасул гьудул ЖабрагIил Шихалиевасухъе ун вуго Умалатов. Менеджер Александр Асмоловасул кумекалдалъун Шихалиевасда ракIалда ккун буго цIияб завод базе Дагъистаналда ва гьеб заводалъ бичалеб цIер Каспиялъул регионазе бичизе.
Гьеб пикругун бизнесменал ун руго доб мехалда президентлъун вукIарав МухIу ГIалиевасухъе. Гьес рагIи кьуна завод базе ракьал кьезе ва Асмолов вачун вуго Инвестициязул агентствоялъул нухмалъулевлъун хIалтIизе. Шихалиев Керимовасул чи вукIаравлъиги лъалеб букIун буго ГIалиевасда.
Амма цодагьаб мех индал ГIалиевас нух къан буго завод баялъе ва «Немецкая деревня» проекталъе кумек гьабизе жуван вуго. Гьеб букIана вацал ГIисаевазул проект.
Инвестициязул агентствоги къан, гьелъул бакIалда министерлъиги гьабун буго ГIалиевас, амма Асмоловасе гьениб нухмалъини щиб, хъулухъ кьун гьечIо. Асмолов Дагъистаналдаса нахъе ун вуго.
Ахир къад «Немецкая деревняги» бачIо, щайгурелъул ГIалиевасе кIвечIо ракьазул суал тIубазе.
МухIамадсалам МухIамадов президентлъун вахъараб мехалда цIидасан баккана цIер къотIулеб заводалъул хабар. МухIамадовас кумек гьабун ракьазул суал тIубазе ва Тюбе поселокалда гIагарда бана гьеб завод.
2013 соналъул августалда хIалтIизе байбихьизе кколаан гьеб завод, амма чанги квекIенал раккунел рукIана. Газалъул ва токалъул суалал туIразе захIмалъулеб букIун буго. Ахир къад гьел суалал тIуразеги гIемер гIарац ун буго.
Ахир-къад цIорол тара заводалъ бичазе ккола гьаб соналъул январалъул ахиралда.
Амма заводалъе МухIу ГIалиевас нух кьун букIарабани, 2014 соналъуд байбихьуде гьеб проекталъ жинда тIад хвезабураб гIарацги тIадбуссинабизе букIана ва республикаялъул бюджеталъе магъалодул лъикIаб къадарги щвезе букIана.
Гьанжени заводалъе захIмалъизе буго. Цогидал регионазда некIого ран руго цIер гьабулел заводал ва гьезие клиенталги щун руго.
Заводалъе кумек гьабулеб гьечIо республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасги илан бицана гара-чIвариялда экономист Андрей Меламедовас.
«ГIабдулатIиповасе рекIее гIолел гьечIо Дагъистаналда ругел Керимовасул проектал. Гьес кумек гьабулеб буго вацал МухIамадовазе. Гьелги миллиардерал руго. Амма ГIабдулатIиповасе гIолеб буго гьел магIарул рукIинги», - илан абуна Меламедовас.
Гьединго гьес бицана Керимов лезгияв вукIиналъги цогидаб политикияб къокъаялде гъорлъе унев вукIиналъги, бизнесмение нух къалеб бугин Дагъистаналда. Мисалалъе, аэропорталъе приватизация гьабизе вичалев гьечIо Керимов.
Политолог Энвер Кисриевас абуна «Эркенлъи» радияолъе республикаялъул экономика лъикIлъизе бугин, федералияб централъе къваригIараб мехалдаилан.
Энвер Кисриев: «Аслиял масъалабилъун ккола – элитабазда гьоркьор ругел хурхенал ва элитабаздаги хIукумуталдаги гьоркьор ругел хурхенал. Экономикаялъул ахIвал-хIал гьел гьоркьолъабазда бан буго.
Гьелдалъун гIадлу ва низам гьечIо республикаялъул экономикаялда. Тухумчилъи, ришватчилъи – гьел масъалабазги квал-квал гьабулеб буго республика цебетIеялъе.
Дагъистаналъул щивав нухмалъулес чанги нухалъ абулеб букIана коррупцяилдаса ва кланаздаса бацIине кколин республика, амма рагIабазда хадур ишал жеги цонигиясул рукIинчIо.
Нормалияб экономика къваригIун батани, къанунал хIалтIизе ккола. Балагьараб мехалда ракIалде кколеб буго Дагъистаналда къанунал хIалтIизе ричалел гьечIин федералияб централъ.
Централдаса хIакимазул лъалкIал ратулел руго экономикиял цо-цо такъсиразулъ. Къанунал цIуниялъе къваригIуна Центр. Централъ кIвар кьолеб буго чанги батIиял суалазе, амма гьеб суалалъе гьечIо».
Газета.ру агентствоялъе экономист Меламедовас кьураб интервьюялда рехсон руго инвестициязул масъалабиги.
Гьесул рагIабазда рекъон, республикялда инвесторал жалго рачIине ккола, пачалихъалъ гарантиял кьечIого. Амма гьелъие квъаригIуна регионалда хIинкъи гьечIолъи чIезабизе.