Ссылки для упрощенного доступа

ЦIализе лъугьунезе цIиял бигьалъаби чIезарун руго


Гьаб соналдаса байбихьун тIадегIанал цIалул идарабазе лъугьунелъул цIиял хиса-басиял гьаризе руго Россиялъул лъай-кьеялъул министерлъиялъ. Москваялъул Пачалихъияб университеталъул ректор Виктор Садовничияс абулеб буго цIалул олимпиадаялда бергьарал ва батIи-батIиял социалиял бигьалъаби ругел гIолилазеги цIализе лъугьунелъул квота чIезабизе кколилан. Гьеб пикруялъул рахъкколеб буго лъай кьеялъул министерлъиялъги батIи-батIиял цIалул идарабазул нухмалъулезеги

Москваялъул Пачалихъияб университеталъ загьир гьабураб пикруялъул рахъккун буго Россиялъул лъай кьеялъул министерлъиялъги.

МГУялъул ректор Садовничий Викторил рагIабазда рекъон гьелъ рес кьезе буго университеталде цIализе лъугьунел гIолилазда гьоркьоса бищунго лъай бугел гIадал тIаса рищизе.

Садовничияс абулеб буго батIи-батIиял дарсазул рахъалъ олимпиадаялда цересел бакIал щваразе ва батIи-батIиял социалиял бигьалъби рихьизарурал лъималазе квота чIезабизе бугилан.

Квота дагь гьабизе буго 10 проценталъ. ХутIаралщинал цIализе руго цере рукIарал тIалабазда рекъон.

Амма гьелдаги лъугIизе гьечIо университеталде цIализе лъугьунезе рихьизарурал хиса-басиял. Мисалалъе олимпиадаялда бергьарал гIолилаз цIализе лъугьунелъул чара гьечIого кьезе ккола цо пуланаб предметалъул экзамен.

Квотаялда рекъон цIализе лъугьунел гIолилазул ЕГЭялъул хIасилалда щварал балал цо ругони гьезие цо къагIидаялъ щвезе руго бигьалъаби. Гьединалго бигьалъаби щвезе руго лъабго соналъул рагъулаб хъулухъ тIубан руссарал ва гьанже цIализе лъугьунел абитуриентазеги.

МГУялъул ректорасул гьеб пикруялъул рахъкколеб буго цогидал тIадегIанал цIалул идарабазул нухмалъулезги.

Дагъистаналъ лъай кьеялъул министерлъиялъ гьелда бан жеги кинаб бугониги пикру загьир гьабичIо. Амма гьел цIиял хиса-басияз лъикIаб хIасил кьезе букIиналда божулев вуго ЦIунтIа мухъалдаса Къебедов МухIамад.

Гьев чанго соналъ хIалтIана школалда физикаялъул ва математикаялъул мугIалимлъун. Къебедовасул рагIабазда рекъон гьеб квотаялъулаб къагIида цIализе лъугьунелъул хIалтIизабулеб букIун гьечIо советияб заманаялъ.

Амма доб мехалъ гьанже гIадаб хIапу-чапур букIинчIин лъай кьеялда жаниб. Гьанже абуни ЕГЭги бачIун авалги ахирги бигъинабун бугин школа лъугIулеб мехалъ кьолел экзаменаздаса байбихьун цIализе лъугьунелъул кьолел экзаменазде щвезегIан гьанже гьел хиса-басиязул кумекалдалъун цо ритIухъаб нухалде бачIине бегьулин лъай кьеялъул ишилан пикру буго Къебедов МухIамадил.

Къебедов МухIамад: «МГУялъ битIун гьабулеб буго. Жакъа гьеб цIалул идара буго камилаб лъай кьеялъул рахъалъ улкаялда жиндирго къадру цIунизе кIвараб цIалул идара. ЕГЭялъул лъикIал хIасилалги рихьизарун гьенире цIализе рорчIаралги цIалун бажаричIого нахъе арал хIужабиги рукIараллъунха.

РитIухъаб нухалда гьел тадбирал унел рукIаралани гьединаб хиса-басиязде рачIине ккелароан, гьедин гьечIолъиялъ рачIун руго гьеб нухалде».

Дагъистаналда гIемерисел суалал гIарац кьун тIуразе гьарулеллъи лъалеб букIаго гьел цIиял хиса-басиязул суалги ришватги кьун тIубазабуни щибниги лъикIаб хIасил кьеларо гурищин гьелъилан гьикъидал гьадинаб жаваб кьуна Къебедовас.

Къебедов МухIамад: «Гьединазда гьоркьосаги анцIго проценталъул къадар гурони биччазе гьечIелъулха. Гуребани киналго сакъатал бесдал хутIарал гIадамал инаан цIализе, лъай гьечIелги ругелги батIа гьаричIого. Хадуб цIализе бажаричIого нахъе аралги цIикIкIинаан.

ГIадатияб справка хъван бажаруларел гIадамал гIемерлъун руго университеталда цIалулел рукIанин жалилан нечечIого абизеги абула.

Гьединал гIадамал гьоркьоса чIаразелъун гьабулеб тадбир буго гьеб.

Дагъистаналъе гьелъ лъикIаб хIасил кьела. Лъай гьечIел гIадамал инчIого рукIа абеха нилъер гьаниса доре. Нилъгоги пачалихъги сурараб жо ккечIого букIине».

ТIадегIанал цIалул идарабазе цIлизе лъугьунелъул исан гьарун ругел хиса басиязул бицунаго тIаде жубазе бегьула гьадинаб хIужаги. Мисалалъе пуланаб факультеталде цIализе лъугьунелъул экзаменги кьун хадуб пикру хисун гьелдаса инкар гьабунани лъица бугониги, гьениве цIализе лъугьине бегьула цогидаб факультеталда документал кьурав гIолилав.

Амма гьесдехун рукIине ругел тIалабал хисизарун гьечIо, кIиябго факультеталде цIализе лъугьунелъул кьурал экзаменазул сияхI букIине ккола цоцада релълъараб.
XS
SM
MD
LG