Ссылки для упрощенного доступа

Халкъалъул божилъиги ГIабдулатIиповги


Дагъистаналъул президент Рамазан ГIабдулатIипов
Дагъистаналъул президент Рамазан ГIабдулатIипов

Рамазан ГIабдулатIипов Дагъистаналъул нухмалъулевлъун таралдаса хадуб лъагIел анилан абизе бегьула. 2013 соналъул январалъул ахиралда хъулухъалдаса вахъана МухIамадсалам МухIамадов ва лъана цIияв президентасул цIар. Анкьцин инчIого жамгIиял цо-цо гIуцIияз лъазабуна дагъистаниязул 90 проценталъе рекIее гIунин ГIабдулатIипов нухмалъулевлъун тей.

ГIабдулатIиповасул лъагIелалъе къимат кинаб кьелеб? Гьеб суал «Эркенлъи» радиоялъ кьуна жамгIиял хIаракатчагIазе.

«Дагестан без сирот» жамгIияб багъа-бачари гIуцIарав МухIамад ГIабдулхабировасул пикруялда рекъон, ГIабдулатIиповас лъикIаб реклама гьабуна Дагъистаналъе тIолго Россиялда. ГIабдулхабировас абухъе, телевидениялдасаги, прессаялдаги республика лъикIаб рахъалдаса бихьизабурал материал гIемерлъана. «Цересел нухмалъулез кIвар кьолеб букIинчIо республикаялъул имиджалъе», - илан абуна экспертас.

Гьес абуралда рекъон, ГIабдулатIиповас вачIунаго гIадамазе цIакъ рекIее гIураб хабар бицана – хIакимазул кьерал рацIине ругин, экономика борхизе бугин, ришватчилъи ва тухумчилъи тIагIинаризе ругин. Экспертас тIаде жубана, ГIабдулатIиповас бицунебщинаб гIемерлъулеб бугин, амма рагIабазда хадур ишал рихьулел гьечIилан. Гьединго ГIабдулхабировасе рекIее гIолел гьечIо республикаялъул шагьаразда ва райцентразда рарал ГIабдулатIиповасул суратал. Республикаялъул цогидал нухмалъулез гьединал ишал рукIинчIо. ЖамгIияв хIаракатчияс рикIкIунеб буго, машгьурал дагъистаниязул суратал лъунанин лъикI букIинилан.

Цодагьалъ цебе ГIабдулхабировас ГIабдулатIиповасухъе рагьараб кIиго къагъат хъвана. Политикияб элитаялдаса цониги ришватчи туснахъалде гьечIо, экстремизм, тухумчилъи ва цогидал масъалаби хIалуцунел руго, цIиял чагIи политикияб системаялда раккичIо – гьебги цогидабги рехсана жамгIияв хIаракатчияс кагътида. Официалияб жаваб кагътазе щвечIо, амма социалиял сайтазда ГIабдулхабировас загьир гьабуна жиндихъе ГIабдулатIиповас смс-хитIаб битIанин ва президентас гьениб хъван букIанин ГIабдулхабиров жиндир тушман вугин гьанжеян.

ГIемерисала маданияталъулги инвестициязулги бицунев рагIулин жинда ГIабдулатIипов илан абуна «Эркенлъи» радияолъе «Дагъистаналъул улбул» гIуцIиялъул нухмалъулей Светлана ГIисаевалъ. Гьелъул рагIабазда рекъон, ГIабдулатIиповасда бихьулеб гьечIо яги бихьизе бокьун гьечIо низам цIунулез жидерго хIалтIи къануназда рекъон бачунеб гьечIолъи.

Светлана ГIисаева: «Цо суалазе кIварги кьун чIезе кколаро гьев. Инвестициялги, маданиятги къваригIун гьечIин абулеб жо гуро, къваригIун руго гьелги. Амма инсанасул ихтиярал цIуни букIине ккола президентасул аслияб мурадлъун. Гьеб рахъалъан хIалтIи гьечIого, цогидал суалазе кIвар кьунаниги кьечIониги пайда гьечIо. ГIабдулатIипов президентлъун вачIиндал дида ракIалде ккана гьанже терроралде данде батIияб хIалалъ къеркьезе ругин, ахIвал-хIал лъикIлъилин. Амма гьеб жеги хIалуцана. Терроралде данде къеркьей халкъалде данде къеркьеялда релъунеб буго. ГIадатияв чиги террористги ратIа рахъулел гьечIо къуваталъулаз. Халкъалъе божилъи кьурав ГIабдулатIиповас гIинтIмулеб гьечIо гIадамазул масъалабазда. Дида ракIалде буго, рикъаразул улбуз хъварал микьго гIарза кьуна журналистаз ГIабдулатIиповасухъе кодоре, амма цонигиялъе жаваб щвечIо. ГIадамазул гIарзабазде гьев гIенеккулев жеги вихьичIо».

ЖамгIияв хIаракатчи ГIисалмухIамад Набиевас бицаралда рекъон, ГIабдулатIиповас абурабщинаб гьесие рекIее гIуна, амма президентасул лозунгал тIуралел чагIи ратулел гьечIо. Набиевас бицухъе, низам цIуниялъул системаялдаса кIудияв хIакимгун гара-чIвари ккана гьесул цодагьалъ цебе. «КIвезе бугищ ГIабдулатIиповасе щиб-букIаниги хисизе», - ян суал кьун буго Набиевасе низам цIунулес. Набиевас абун буго, гьечIилан, щайгурелъул низам цIунулезе бокьизе гьечIин рукIине кколеб хIалалъ хIалтIизе, экономика бацIалъизабиялда тIад хIалтIизе, ришватчилъи тIагIинабизе. Гьелда низам цIунулес абун буго ГIабдулатIиповасе жиндиего бокьун гьечIин щибго хисизе, щай абуни хIакимазул кьерда тIадруссана жиндир заманалда экономика биххарал чагIи, тухумаздаса чагIи, цере рукIарал коррупционерал. Низам цIунулесул гьел рагIабазе жаваб кьезе аргументал ратичIин жинда илан бицана Набиевас.

Экспертасул рагIабазда рекъон, ГIабдулатIиповасе къвакIи гIолеб гьечIо жинцаго рехсолел реформаби Дагъистаналда гьаризе. Дотациялъулаб бюджет – рогьо бугин абулеб буго ГIабдулатIиповас ва гьевгун разилъулев вуго жив илан абуна Набиевас, ва тIаде жубана экономикаялда гьарурал хиса-басиял рихьулел гьечIилан жинда.

ЖамгIияв хIаракатчи ГIабдурашид Саидовас абуна байбихьудаго ГIабдулатIиповасда божи букIанин халкъалъул.

ГIабдурашид Саидов: «Гьев хIалтIизе байбихьарабго гIадамазул лъикIаб гIумруялде, ахIвал-хIал хисиялде хьулал цIикIкIана. Цо гьадингосев хIаким низам цIунулез ккунилан абураб хабар цо соналъ цебе кIудияб лъугьа-бахъинлъун бихьулеб букIана. Гьанже кIудиял хIакимазда хурхун рагьун руго такъсир гьабиялъул ишал. Амма хIукуматалъул системаялда рихьулел гьечIо цIиял чагIи. Херал хIакимазул гвардиялъ цогида херазул гвардия хисана. Гьеб бичIизе захIмалъулеб буго. Халкъалъул букIараб божилъи гьединал ишаз тIагIинабуна. Раккарал хьулал хадур загIиплъана».

Экспертас гьединго тIаде жубана, жинда кколеб букIанин ГIабдулатIиповас рекъезе гьарилин диналъул суалал дандекколарел чагIи. ГIабдурашидовас абухъе, гьесул хьул букIана зулму-гьужум тIагIинабилин цIияв нухмалъулес, амма гьеб хьул тIагIана ГIабдулатIиповас «Тушбаби чIвазе коллин» абун хадуб. Ракълилал нухал республикаялъул нухмалъулес ралагьулел гьечIилан абуна экспертас.

XS
SM
MD
LG