Мисралъул Юстициялъул министрелъиялъул вакилас лъазабулеб буго жидер идараялъул комиссиялъ нахъе босулеб бугин «Вацал-бусурбаби» багъа-башариялъул 550 лидерасул къайи-цIайин. Улкаялъул нухмалъиялъул пикруялда, хасал хъулухъазул объектазе гьужумал гьарурал гьеб багъа-башариялъул лидеразул мал-мулкалъе конфискация гьабизе кколеб буго. Исана Мисралда гьукъараб «Вацал-бусурбаби» багъа-башариялъ абулеб буго гьел тIадекIанцIиязда жидер гIахьаллъи гьечIин. Гьеб багъа-башариялъул рахъ кколез щибаб къойил абухъе тIалаб гьабулеб исана июлалда хъулухъалдаса реххарав президент МухIамад Мурси гьениве тIадвуссинавизе.