Ссылки для упрощенного доступа

Бахрейналда шиитазул цевехъан ккун вуго


Бахрейналда ккун вуго Аль-Вефак абулеб шиитазул оппозиционияб къукъаялъул цевехъан шайих ГIали Салман.

Гьесде тIадтараз гIунтIизабулеб буго рокьукълъи бижизабиялъул гIайиб. 2011 соналда рехсараб къукъаялъ нухмалъи гьабулеб букIана доб мехалда рагъарарал протесталъул акциязе.

Гьезул гIахьалчагIаз тIалаб гьабулаан Бахрейналда политикиял реформаби тIоритIи ва гIатIидал эркенлъаби кьей.

Рагъарарал тунка-гIуссиязул хIасилалда доб соналъ чIван вуго нусгогIан чи.

Бахрейналъе ханлъи гьабулеб буго суннитазул династиялъ.
XS
SM
MD
LG